20 сентябралда Сочиялда байбихьизесеб форумалда Дагъистаналъ бихьизабизе буго 82 проект. Гьезул гIаммаб багьа 243 млрд гъурущ кколин бицана Инвестициязулгун къватIисел бухьеназул рахъалъ гIуцIараб Дагъистаналъул Агентлъиялъ. Гьелги рагIула экономикаялъул батIи-батIиял рахъазда хурхарал проектал – росдал магIишаталда, бакIал раялда, туризмалда, энергетикаялда, транспорталда, инновациязда, халкъияб махщалида ва цогидалда.