ГIисаевалъул рагIабазда рекъон, батIи-батIиял кьвагьа-гIанхъиязулъги терактазулъги гъоркьисала Дагъистаналда хун вуго 259 чи. Викъун ун вуго 31 чи. 2010 соналда - Ι8 чи. Амма ахираб анлъго моцIида жанив республикаялдаса 50 чи викъун анин ГIисаева Светланаца кьолел хIужабазда дагIба балеб буго туснахъ гьарурал гIадамазул хIал-хIукму цIехезелъун Россиялъул жамгIияб палатаялда цебе гIуцIараб хасаб комиссиялъул Дагъистаналда вугев нухмалъулев Айгунов ХIасаница. Киса щал рикъун аралали лъазе, гьел гIолохъабазул сияхI кьолеб гьечIин ГIисаевалъ жиндихъеян абулеб буго Айгуновас. Гьес абуна, кумек гьарун гIарза бачIарав щивав чиясда тIасан цIех-рех гьабизе жив унила жанисел ишазул министрасухъе щвезегIан киналго идарабазде.
Гьелда бан ЭР-ялъе «Дагъистаналъул улбул» гIуцIиялъул нухмалъулей ГIисаева Светланаца абуна нилъеда лъаларогойищин Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIал. Жал кире ва лъица рачун ун рукIаралани бициндал, чи цIидасан викъулин, яги цо заманалдасан цо бакIалде рехун ватулин чIвазеги чIван. Жал хIалтIизе лъугьун унеб бугеб щуго соналда жанир гIезегIан кканин гьединал хIужабиян бицана ГIисаева Светланаца.
ГIисаева Светлана: «Гьединлъидал рикъарал гIадамазул гIагарлъиялъ инкар гьабула доре-анире хъвадаризе, гьел гIолохъаби рикъарал ва лъел цIурал пластикалъул шушбуз ургьисалабазда кьабун, гьезие гIакъуба кьурал низам цIунулел хIалтIухъабазда тIасан диванчагIазухъе гIарза хъвазе. Рикъун ун рукIараз гIарза кьолеб гьечIони, нижеда гьабизе кIолеб жогIаги щибха? Щибниги гуро!»
Инсанасул ихтиярал цIунулев Айгумов ХIасанил пикру гьадинаб буго: «Нилъ гьедин хIалтIулел ругони,… я гъаринха, нилъ гьадинги цойги-цойги нухалдаги рикъула. Щиб жо гьеб кколеб, цIида-цIидасан рикъулинги абун чIолеб жо? Дица хъаравуллъиялде восарав чиясда килищ хъвазе кIоларо гъозда. Гьесда нахъа чи вукIин лъалелъул гьезда».
Россиялъул жамгIияб палатаялда цебе гIуцIараб комиссиялъул нухмалъулесда кинго тIадреъкзе кIолеб гьечIо ГIисаева Светланада. Гьелъ тIаде жубана рикъун ун тIадруссарал гIолохъабаз жидедани кисайила, эбел-инсудагун гIагарлъиялдагицин бицунарила жал рукIараб бакIги гьеб гьабурал чагIиги. Гьедин кутакалда хIинкъизарун рачIунила гьел нахъруссинарун. Амма гьез бицинчIого тунилан цIидасан рикъичIогоги хутIулел гьечIо гIолохъаби.
ГIисаевалъ бицен гьабулел, гьаб анлъго моцIида жанир рикъун арал дагъистаниязул цояв ккола Гъизилюрт мухъалъул Комсомольское росулъа Хайрулаев Адамги. Щуабилеб августалда росда аскIосан унеб маххул нухги къанги чIун рукIана гьезул гIагарлъиги росдал гIадамалги. 3 августалда тархIидасан вачIунаго рогьалилъ яргъил рорчарал гIадамаз ккун арав гьев жегиги ватун гьечIо.
Гьеб росулъа Расулов Шапица бицана ЭР-ялъе цо бакIалда батараб жаназаялъул хал гьабизе Адамил вац ун вукIанила, амма гьеб жаназа гьесул батун гьечIила.
Расулов Шапи: «Кверазда ралел маххул синжралги горбоде ккезарун гъанкъарав васасул жаназа батун букIана. Гьеб Адамил жаназа гурин абунаха вацас».
Гьанже гьезул гIагарлъиялъ цойги митинг гьабизехъин буго 31 августалда Гъизилюрталда. Доб щуабилеб августалда гьабураб митингалъухъ полициялъ гьезда тIад къотIун буго гIакIадул 10 аза-азар гъурущ.