ЦIияб соналда цебе тIобитIараб Халкъияб Мажлисалъул сессиялда къабул гьабуна бизнесменазул ихтиярал цIунулеб вакиллъи гIуцIиялъул къанун.
Инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ Россиялда бугеб лъидаго бачIеб Шураялъ жиндирго вакиллъи рагьизе буго Шималияб Кавказалда. Амма жеги лъалеб гьечIо кинаб республикаялда гьеб рагьилебалиги вакиллъун щив телевалиги.
"Справедливая Россия" партиялъул вакилзабазда ракIалда букIана исана 7 декабралда МахIачхъалаялда щуазарго чи гIахьаллъараб митинг тIобитIизе.
Америкаялъ Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатазе гьукъизехъин буго жидер улкаялде рачIине. Гьелъие гIоло халкъалъул пикру лъазелъун гьанжеялдего гьениб бакIарун буго 25 азарго гъулбас. Гьаракь кьезе ихтияр буго гIумрудул 13 сон баралдаса нахъе. Россиялъ лъазабулеб буго гьелдаго релълъараб хIукму жидецаги гьабилилан.
Рахьдал мацIазул хIакъалъулъ Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабулеб къанун улка щущаялде тIамулеб ахирисеб галилъун рикIкIунеб буго Дагъистаналдаса гIалимчи МухIамадов МухIамадица.
Гъизилюрт мухъалъул полициялъул нухмалъулев Заирбегов АсхIабгIалица иргадулаб видеохитIаб гьабун буго гьеб мухъалъул амир ТIалхIатов ХIажимурадиде .
Дагъистаналдаса жамгIияв хIаракатчи Набиев ГIисалмухIамадида ракIалда буго гьал къоязда диваналде гIарза хъвазе.
17 декабралда монополиялда данде чIеялъул рахъалъ гIуцIараб комитеталъ хасаб лъазаби гьабуна Дагъистаналъул миллияб политикаялъул, диниял суалазул ва къватIисел бухьеназул министерлъиялъе.
Инсанасул ихтирал цIуниялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб къоялъ, 10 декабралда, Дагъистаналъул прокурор Назаров Андрейги инсанасул ихтиярал цIунулейлъун республикаялда йигей вакил ГIумарова Уммупазилги щвана МахIачхъалаялда бугеб тIоцебесеб СИЗОялде.
Гъоркьисала 15 декабралда МахIачхъалаялда чIварав журналист Камалов ХIажимурад мустахIикълъана «Гьунар хIисабалда журналистикаялъухъ» кьолеб Сахаровасул цIаралда чIезабураб премиялъе.
5 декабралда ГIахьвахъ мухъалъул ГIарчо росулъ вукъана Москваялда чIван вачIарав Исламов Сайлудин.
4 декабралда Болъихъе щвана Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсалам. Гьесда цадахъ рукIана киназдего гIагарун министралги, кIвар бугел идарабазул нухмалъулелги, цогидалги.
Унсоколо мухъалъул Балахьуни росулъ жеги ругин аскариялин бицана Эркенлъи Радиоялъе гьениса гIадамаз
Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналда ахиралде щолеб буго МухIамадов Рамазаниеги, МухIамадов ШугIайбхIажиеги, ЛабазанхIажиев ГIабдулжапариеги гьабулеб диван.
Дагъистаналъул тIадегIанаб цIалул идараби къазе гьечIо, гьеб ккола гIицIго Россиялъул цогидал регионазда ругел идарабазда хъатIулеб суал.
Газалъулъ гIарац кьоларел республикабилъун Шималияб Кавказалда Дагъистанги, Шималияб Осетияги, Кабардаялъулгун Балкарияги кколеб буго. Гьедин хIисаб гьабуна «Газпром межрегионгаз Пятигорск» абулеб компаниялъул Пятигорскалда букIараб данделъиялда.
Араб шамат къоялъ Буйнакскиялда тIарикъаталъул гIалимзабазул данделъиялда официалияб куцалда цIияв устарлъун лъазавуна Дагъистаналъул муфтий ГIабдулаев АхIмадхIажи.
МахIачхъалаялъул аэропорталдасан вачун арав Генуса лъабго гIолохъанчиясул цояв – МухIамадов АхIмад - виччан вачIана 16 ноябралъул сардилъ.
16 ноябралда Дагъистаналъул микьго мухъалде транспорт хьвадулеб шагьранух къан букIана гендерица.
Боевикалин, хъачагъалин рикIкIунел чагIи гIаммал хабалалъ рукъизе гьукъулеб буго чачаназул рухIиял церехъабаз.
Загрузить еще