2005 соналда гьес гIуцIараб «Черновик» газеталъ аслияб куцалда рахъана тIалъиялъегун низам цIунулезе критика гьабурал макъалаби. Гьелъ гьезие хIинкъаби кьурал тIанчалги рукIана тIиритIизарун. Нуж ругин хъачагъазул рахъ кколел чагIи, жал кколин гьел хъачагъаз гIагарлъи чIварал гIадамал, гьединлъидал нужедаса къисас босизе бугин хъвалеб букIана гьел тIанчазда «Черновикалъул» журналистазде. Гьез чIвазе къотIарав микьго журналистазда гьоркьоса чIвана газеталъул бетIергьан – Камалов ХIажимурад. Гьелдаса нахъе лъагIел свераниги, жеги щибниги гьабун гьечIо цIех-рехчагIаз. Гьелдаса разилъи гьечIолъи загьир гьабула ХIажимурадил гIагарлъиялъги цадахъ хIалтIулел рукIаразги.
ХIажимурадица рикIкIунароан журналисткаялда хас гьабун журналистасул лъай щварал чагIи хIалтIизе кколилан. Гьединлъидал 2005 соналда жинцаго гIуцIараб «Черновик» газеталде гьес росун рукIана юристалги, экономисталги, цогидаб махщалил чагIиги. Гьедин Черновикалде хIалтIизе вачIиналде экономистасул лъай босун букIана ШагIбанов Маркъоцаги. Журналистикаялъе аслияб куцалда жив ХIажимурадидасан ругьунлъанин бицуна гьес. ЦIакъго кьолболъе раккун хIалтIизе тIамулаанила жал гьес.
«Черновик» газеталдалъун ХIажимурадица Дагъистаналъул тIолабго журналистикаго хисизабунин рикIкIуна республикаялда. Гьеб тасдикъ гьабуна ЭР-ялъе Маркъо ШагIбановасги. Гьедин «Черновикалда» хIалбихьи щварал журналистал хIалтIизе росана республикаялъул тIалъиялдеги.
Масала, байбихьуда газеталъул бетIерав редакторлъун вукIарав Расул ХIайбулаев восун вукIана президент ГIалиев МухIуца жиндирго пресс-секретарьл
Гьеб сияхI жеги халатаб буго. Масала, ЭР-ялъ гара-чIвари гьабурав Маркъо ШагIбанов, «Черновикалдаги» хIалтIун, ана гьединабго тайпаялъул – эркенаб газеталъул – «Новое дело» газеталъул бетIерав редакторлъун. ГьабсагIаталда гьес нухмалъи гьабулеб буго аваразул миллияб автономиялъе.
ШагIбанов Маркъо: «Жибго «Черновикалда» гурелги, цогидал бакIаздаги хIалтIана гьевгун цадахъ хIалтIарал чагIи. Гьесул асар тIолабго Дагъистаналъулго журналистикаялъе букIанин абуни, мекъи ккеларо. Гьединлъидал гьесие гьбе премия кьейги кутакалда мустахIикъаблъун бихьулеб буго дида. Щайгурелъул жамгIиябгун политикияб гIуцIиялъулъги хасаб бутIа лъуна гьес. Дагъистаналда 2005-2008 сонал рукIана жамгIиябгун политикияб гIуцIи хисулеб заман. ГIезегIан жо хисана гьеб мехалда, Камалов ХIажимурадил гIахьаллъиги кIудияб букIана гьелъулъ».
Камалов ХIажимурадица гIуцIараб газеталъ Дагъистаналъул журналистикаялъе кIудияб асар гьабунин бицана ЭР-ялъе «Черновикалъул» журналист МухIамадов МухIамадица.
МухIамадов МухIамад: «БитIараб хъваялъе гIоло цоцалъ къец базе байбихьана газетаз. Журналистал лъугьана махщалил рахъалъ цоцалъ къец базе. ТIалъиялъ байбихьана прессаялдехун тIубан батIияб бербалагьи загьир гьабизе».
МухIамадица абулеб буго Сахаровасул цIаралда бугеб премия ХIажимурадие кьолеблъи лъалеб жо букIанин, тIокIалъ гьечIегIан лъикI гьелъие мустахIикъавги вугин гьев. Гьелдаго цадахъ МухIамадил цо гьариги буго.
МухIамадов МухIамад: «ЦIакъ бокьилаан журналистаз гьев чиясе жамгIияв хIаракатчи ва политик хIисабалда къимат кьей гуребги, гьев чIварал чагIи ралагьиялде жалго тIадчагIазги кIвар кьезе. Гьединго кIвар кьезе гьевго гIадин чIварал цогидал журналистазул бидулал ралагьиялдеги. Махщалил рахъалъ ХIажимурадгIан церетIурал рукIун ратичIониги, гьелги ратIалъана гIумруялдаса жидерго налъи тIубазабулаго».
Хун хадув Камалов ХIажимурадие кьолеб бугеб Сахаровасул премия босизе «Черновикалъул» нухмалъулел Москваялде ахIулел руго 15 декабралда.