ХIусенов ХIажирасулил хIакъалъулъ
Гьавурабго къоялъ жиндирго ясалъул лъимер Хасавюрталда Дилималъулилан абулеб сверуда къотIнов реххун тарай Казбек мухъалдаса 48 сон барай гIадан ккун йиго республикаялъул къуваталъул идарабаз.
Буйнахъскалъул мэрлъиялде кандидатазул халгьабулеб хасаб комиссиялъ итни къоялъ ахирисел документал къабул гьарулел руго. МухIканал гурел баяназда рекъон гьеб сияхIалда гьаб сагIат анлъго чи вуго. Комиссиялъ гьезул халгьабун хадуб, гьезда гьоркьоса рищизе руго шагьаралъул бетIерлъун вукIине бегьулев чиясул тIалабазда данде кколел.
5 февралалда Буйнахъскалда тIобитIана азаргоялдаса цIикIкIун чи гIахьаллъараб митинг
Платоналъ жал къуркьизарунин аби гьереси бугин ва кIигIан тIалъиялъ тIадецуй гьабуниги жал гьелде данде чIезе ругин лъазабулеб буго Дагъистаналъул шоферзабаз.
Табасаран мухъалъул мажлисалъул депутат чIвялда щаклъи букIун, тIад такъсиргьабиялъул иш рагьарав аскарияв цевего гIадин «улкаги, халкъги цIунун хъулухъ гьабулев вуго».
Гъоркьисала Дагъистаналда наркотикада хурхараб 3104 такъсир гьабун буго. Республикаялда гьарурал киналго такъсиразул щибаб щуабилеб такъсир кколеб буго гьеб.
Буйнахъскалъул мэрлъун вукIарав ГIусманов ГIусманил рахъккун митинг тIобитIизе ракIалда бугошагьаралъул мажлисалъул депутатазда.
МахIачхъалаялда байбихьун буго Дербенталъул экс-мэр Яралиев Имамил ишалда хурхун диваналъул халгьаби.
Дагъистаналда бугеб коммунистазул партиялъул вакилзабаз исана сентябралда Дагестанские Огни шагьаралда тIоритIарал муниципалиял рищиязул хIасилал хIакъикъиял гурин рикIкIейилан абун гIарза хъван букIана диваналде. Гьединго «Родина» партиялъ гьел рищиязул хIасилал цIидасан киналго гьаркьалги рикIкIун гьарейиланги тIалаб гьабулеб букIана диваналда.
Буйнакскалъе бетIерлъи гьабизе къваригIаразда гьоркьоб бугеб дандеккунгутIи дагьабги хIалуцунеб буго. Цере шагьаралъул мажлисалъул депутатал кIийиде рикьун рукIун ратани, гьанже гьел лъабиде рикьун руго.
Дербенталда гIадин некIсиял бакIал нахъе цIунун Россиялъул цониги батIияб шагьаралда хутIун гьечIин, хIатта тIолго улкаялдаго гьелдаса некIсияб шагьарги батичIого букIине бегьулин, гьединлъидал гьеб нахъе цIунун хутIиялъе тIадеги ресал ралагьизе кколин абуна Владимир Путинилгун Общероссийский Народный Фронт багъа-бачариялъул букIараб данделъиялда журналист ва гIалимчи Къурбанов Русланица.
23 январалда Хасавюрт-МахIачхъала шагьранухда гIадамал раччулеб «Газель» автомобилалда речIчIараб «Тигр» бронетранспортер бачуневукIарав ккун вуго. Гьеб авариялъул хIасилада ункъго чи хвана, 20 чиясе зарал ккун буго.
Дагъистаналъул гIолилазул ишазул министрасул хъулухъалде тIамуна ХIажиев Арсен. Гьев ккола Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул гIолилазулгун хIалтIигьабиялъул комитеталъул нухмалъулев ва «Я помощник президента» абураб жамгIияб гIуцIиялъул цевехъан.
22 январалда Москваялъул жанисел ишазул идараялъ лъазабуна Казбек мухъалъул вукIарав бетIер ГIабдула МахIачев ккун вугилан. Гьес мухъалъул нухмалъуда вугев мехалдаго газ бачине ва бачун бугелъуб рогIралги, гьелъул системаги къачIазе пачалихъалъ биччараб 330 миллион гъурущ бикъиялда щаклъи букIун ккун вуго МахIачев.
Исана сентябралда рукIарал Дагъ огни шагьаралъул мажлисалъул депутатазул рищиял мекъи тIоритIун ругин чIезабун буго диваналъ. Гьел рищиязул хIасилаздаса рази гьечIел коммунистазул партиялъул вакилзабаз хъвараб гIарзаялъул халгьабулаго ва цIех-рех тIобитIулаго тIатун руго рищиязул чанги протоколал «Единая Партия»-лъе данде кколедухъ цIун рукIин.
Гьал къоязда 50 азарго гъурущ ришват тIалаб гьабиялда щаклъи букIун Къасумкент росдал бетIер ккун вуго къуваталъул идарбаз. 2015 соналда Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ коррупциялда гъорлъ рукIиналда щаклъи бугев микьго росдал бетIерасда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьун букIун буго. Гьезул цохIонигиязе жеги диваналъ хIукмуги къотIун гьечIо.
Буйнакскалъул мэр ХIамзатов ХIусеница жив хъулухъалдаса нахъе ун гьечIин, жиндица нахъе ине разилъи кьураб кагъатги гьереси документ бугин абун прокуратураялде гIарза хъван буго. Талат къоялъ ФСБялъул хIалтIухъабаз Буйнакскалъул администрациялдаса мэр хIалтIудаса нахъе иналда хурхарал киналго документалги рахъун ун руго.
Дагъистаналда захIматаб «болъоназулилан» абулеб гриппалъ унаразул къадар 82 чиясде бахун буго. Гьезул щугояв къадаралде щун вуго. Интертеналдасан нус-нус чи хун вугин гьеб гриппалъин абун тIиритIизарурал баянал гьересиял ругин, гьеб унтуде данде къеркьеяъе жидеца букIине кколеб хIалтIи гьабулеб бугин лъазабуна талат къоялъ букIараб пресс-конференциялда Дагъистаналъул сахлъицIуниялъул министерлъиялъул ва Роспотребнадзоралъул республикаялда бугеб бутIаялъул вакилзабаз.
Загрузить еще