Цебесеб анкьалда интернеталда бахъараб цо видеоялда маска хурав чияс лъазабулеб букIана, жив кколин Ивано-Франковскалдаса Украиналъул хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъул (СБУ) «Альфа» абураб хасаб группаялъул офицерин. Жив ва живгун хIалтIулев чанго чи хIалтIудаса нахъе лъугьунев вугин.
Видеоялда кIалъалев: «Нижеца украиналъул халкъалъе хъулухъ гьабизе гьа бан букIин ракIалдеги босун, нижер тIолабго къокъаялъ хIукму гьабуна, хъулухъалдаса нахъе лъугьине. Нижее бокьун гьечIо такъсириял буюриял тIуразаризе.»
30 январалда интернеталда бахъараб цогидаб видеоялда Жанисел ишазул идраялъул вукIарав офицерин жинде абулев чиясул рагIабазда, барикадабазда цере чIун рукIарал гьесул цересел коллегабазул гIемер чиясул буго нухмалъиялда разигьечIолъи.
ГIемер халкъ гIахьалллъарал чанго демонстрациязда хадуб Магърибалъул Украиналъул анцIгогIанаб регионалда дандечIеялъул акциялъул гIахьалчагIаз бигьаго, кIудияб дандечIей гьечIого бахъана чанго административияб мина.
Нагагьлъун милициялъ хIакъикъаталдаги пачалихъалъул буюриял тIуразаризе инкар гьабулеб бугони яги гьезул цоял демонстрантазул рахъалде лъугьунел ругони, гьел унгоги ахир лъезе рес букIана президент Виктор Януковичидаги оппозициял къуватаздаги гьоркьоб бугеб дандечIеялъе.
Амма гьеб гьедин бугин Украиналдаян рикIкIиналъе кьучI гьечIин, абулеб буго цо-цо аналитиказ. «Беркуталъул» аза-азар хIалтIухъанас буюриял тIаразарулаго, демонстрантал нахъе къазарулел рукIанин, гьезул баррикадаби риххизарун рукIанин, протесталъул хIалтIухъабазде данде хвелалъул хIинкъи гьечIеб ярагъ хIалтIизабунин, жубалеб буго гьез.
Нью-Йоркалъул университеталъул профессор, постсоветиял пачалихъазул хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъазул рахъалдаса эксперт Марк Галеоттица абулеб буго, Украиналъул ОМОНалъул бутIа хIисбалда, «Беркут» кколин хасаб буюриял тIуразарулеб гIуцIиян.
Марк Галеотти: «Гьел цIакъ батIиял чагIи ккола. Гьел аслияб къагIидаялда ккола цере рагъулаллъун рукIарал, десантникаллъун ва гьездаго релъарал цогидаллъун рукIарал гIадамал. Гьезулъ буго жинисеб низам ва гIадат. Гьезул хIалтIи эффективияблъун рикIкIуна. Гьел ккола аслияб къагIидаялда кIудияб махшел бугел профессионалал. Гьел ругьун гьарун руго абизегIанго гIаданлъиялде хурхен гьечIел хIалтIул къагIидабазде.»
Аммайин абулеб буго аналитиказ, кризис халат бахъарабгIан, низам цIунулел къуватазул хIукуматалдехун бугеб божилъи талхизе бегьулин.
Галлеоттица абулеб буго «Беркуталъул» офицераз гIумру гьабун бугин жидерго жамгIиятазда.
Марк Галеотти: «Дир пикруялдаги, рес буго Киев тун къватIиб протесталъул къуват тIадеги цIикIине бегьиялъул. Магърибалъул Украиналда жидер кьалбал ругел беркуталъулазда протесталда гIахьаллъулезда гъорлъ жидералго рихьизе бегьула. Цингиги гьезги къабул гьабулеб буго Украина Европаялъул бутIалъун букIине кколин, букIине кколарин россиялъул провинциялъунин, абураб пикруги.»
Аналитиказ абулеб буго, гIагарисеб заманалда рагьараб, гIатIидаб дезертирлъи загьирлъуларин, амма гьезулъ операциязулъ гIахьаллъунгутIиялъул пикру щулалъизе бегьулин. Гьезие бокьун гьечIин жалго гьеб конфликталде гъорлъе цIан рукIинеян.
Гьеб бихьулеб букIиналъ батилаха, хIукуматалъ гIамал гьабулеб бугеб жанисел ишазул идараби щулалъизаризе. Жанисел ишазул министр хисулев Виктор Ратушнякица араб анкьалда лъазабуна, хIукуматалъ низам цIунулел гIуцIазабазе тIадеги гIарац биччанин, гьезул ресал гIатIилъизариялъул мурадалдайин.
Аналитиказулги оппозициялъулги хIинкъи буго гьеб тIадеги 45 азарго милициялъулав хIалтIуде восиялда хурхараб букIине бегьиялда бан.
Марк Галеоттица абулеб буго, бугеб ахIвал-хIал хисизабиялъул мурадалда хIинкъигьечIолъиялъул къватазда цадахъ рагъулалги хIалтIизаризе байбихьулеб бугони, гьелъ ахIвал-хIал бихьулеб хIалалда хисизабизен бегьулин.
Марк Галеотти: «Рагъулаз чIван къотIун лъазабуна, гьел операциязда кинниги жидерго хурхен букIине бокьун гьечIолъиялъул хIакъалъулъ. Жиндие бокьун бугин нужеца «Беркуталъе» кумек гьабизеян, хIукуматалъ абулеб бугони, дун тамашалъуларо рагъул къуватаз, хасго Магърибалъул Украиналда буюриял тIаразаризе инкар гьабизе байбихьулеб бугони. Гьебин абуни режималъул ахиралъул байбихьи ккола.»