Дагъистаналъул юстициялъул министрлъун вукIарав Азади РахIимов Дербент шагьаралъул администрациялъул бетIерлъун толев вугилан 14 февралда официалияб лъазаби гьабичIо республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас. Амма гьеб шагьаралъул нухмалъиялда вихьизавун вуго гьес РахIимов. Цинги хеккого нахъеги ун вуго Дербенталдаса. Гьедин бицана ЭР-лъе дербенталъулаз.
Шагьаралда жанирги гьенире рачIунел нухаздаги рукIанин гIемер низам цIунулелги рагъулаб техникаянги бицана гIадамаз.
Божизе бегьулев чияс ЭР-ялъе гьединго бицана гъоркь вукIарав администрациялъул нухмалъулев Мовсун РахIимов цебесеб къоялъ республикаялъул тIалъиялдеги ахIун хъвазабун бугин хъулухъалдаса нахъе унев вугилан абураб гIарза. Дербенталъул экс-мэр Имам Яралиевас гьев чи тун вукIана гьенив живгоги гьесул хъулухъалде ун – шагьаралъул депутатазул гIуцIиялъул нухмалъиялде. Гьедин Яралиевасда ракIалда бугин шагьаралъул депутатаз жив хадусеб болжалалдаги мэрлъун вищизеян рикIкIуна экспертаз. Мэр хIисабалда гьесул жиндирго болжал исана лъугIизе кколаан.
ПалхIасил, цевехун рехсарав Мовсун РахIимов хъулухъалдаса нахъе витIунилан разилъи гьечIолъи бугин азербайжаназулин бицана ЭР-ялъе дербенталъулаз. Щайин абуни жидер миллаталъул чи нахъе цулев вугин абураб пикру кканила гьезул. Амма цIитарав Азади РахIимовасул эбелги ккола азербайжанай. Гьеб ракIалде щвезабидал, гурин гьесул инсухълъи Табасараналдаса кколин чIолел руго цо-цо азербайжанал. Гьедин гьезул разилъи гьечIолъи цIикIкIине бугин абулеб буго шагьаралъулаз. ТIадежоялъе азербайжаналъулаз цебегоялдаса хIалбихьулеб бугила Дербент жидерабголъун гьабизе. Масала, Азербайжаналъул нухмалъиялъ гIарацги кьун къачIараб Дербенталъул аслияб къватIалда дозул вукIарав президент ХIайдар ГIалиевасул цIар лъун буго Яралиевасги.
Азади РахIимов эбелалъул рахъалъ азербайжанав вукIаниги щибин, гьев вукIининха республикаялъул тIалъиялъе къваригIарав азербайжанавин бицана ЭР-ялъе «Яблоко» партиялъул Дагъистаналда вугев вакил Альберт Эседовас. Гьесда гьединго кколеб буго экс-министр Азади РахIимов унголъунги Дербенталъул администрациялъул нухмалъулевлъун вукIине вачIарав чи гурилан.
Альберт Эседов: «Гьев ватизе бегьула ургъунго, Яралиевасда квер базе щвезелъун, гьесда нахъасан тохаб-гIучIаб жо балагьизе, заманаялъ гьенив тарав чи. Масала, федералияб кIваралъул ракь муниципалияб бетIергьанлъиялде кьунилан гьесде гIайибги гIунтIизабизехъин бугелъул. Гьедин Яралиевасде тIадецуй гьабизе жал ралагьулел ратула».
«Черновик» газеталъул баяназда рекъон, жеги цоги чиги вукIун вуго Дербенталъул аминистрациялъул бетIерасул бакI къваригIарав. Гьев рагIула Дербенталдасан Халкъияб Мажлисалде вищарав депутат Ханлар Пашабеков. Амма гьесул рахъ кколеб рагIуларо я республикаялъул тIалъиялъ, яги экс-мэр Имам Яралиевас. Гьез кквечIониги, гьев кколила Россиялъул президентасул администрациялдаги хIалтIарав, живго бетIергьанаб бизнесги бугев Пашабековасул гьалмагъ Артур Завалуновас.
Газеталъул баяназда рекъон, живго Яралиевасулги вугила Москваялдаса гIебеде мугъчIвалев чи – Россиялъул маххул нухазул гIуцIиялъул вице-президент Салман Бабаев.