Цеве юстициялъул министрлъун вукIарав гьев цин Дербент мухъалъул нухмалъиялде тIамулев вугин букIана хабар. Республикаялъул бетIерас айин лъазабураб мехалда Къурбан Къурбановги гьениса нахъе инчIого, бер бахилаб хъулухъги щвечIого хутIана Азади РахIимов, гьеб заманалда гьоркьов юстициялъул министрлъун батIиявги тун. Азади РахIимов тун вуго республикаялъул тIалъиялда Ихтияразулаб БутIаялъул нухмалъулевлъун.
Гьедин гьанже гьев Дербент шагьаралде вачIунев вукIиналъул буго бицен. Амма гьенив гьабсагIаталда экс-мэр Имам Яралиевги шагьаралъул депутатлъун «лъугьун», бакIалъул депутатазул вукIарав нухмалъулев Мовсун РахIимов вуго мэрасул ишал тIуразарулев. ГIадамазул ццим бахъун букIана цIияб соналда цебесеб къоялъ Яралиевас живго шагьаралъул депутатлъун «гьавун» ватиялдаса. Гьелъ рес кьезе бегьула Яралиев Дербенталъул мэрлъун хадусеб болжалалдаги вищиялъе. Шагьаралъул къануналда рекъон, гьев вищула бакIалъул депутатазда гьоркьоса.
Гьедин Яралиевас «лъутIа-къотIун» лъураб бакIалде Азади РахIимов кин вачIине бегьулевин суал баккизе бегьула. Амма къануналда рекъон, администрациялъул бетIерлъун вачIине рес буго бокьараб бакIалъа чи. Менеджер гIадав чи кколев вуго гьев. Амма Азади РахIимов данде кколаро Яралиевасе. Щаяли бицунеб буго ришватчилъиялда данде къеркьеялъул комитеталъул нухмалъулев, Дербенталдаса ХанмухIамадов МухIамадица.
ХанмухIамадов МухIамад: «Цин бугони, Азади вуго министр вукIарав чи. КIиабизе бугони, Азадица гьабизе гьечIо Яралиевас абунщинаб жо. Гьес жиндирго ихтиярал цIунизе руго. Мовсун РахIимов абуни вуго гIицIго Яралиевасул чи. Гьес хвайин абуни холев, майданалдеги вахъун лезгинка кьурдейин абуни кьурдулев. Гьединабго къагIида буго аскIобго бугеб Дагъогни абураб шагьаралдаги. Галимов ккола муниципалияб гIуцIиялъул нухмалъулев, гьабулебщинаб жо гьеc гьабула, гъулбасал Мурадовас лъола – сити-менеджерги, администрациялъул бетIерги ккола гьев».
11 февралалда Дербенталда букIине ккола Имам Яралиев цIунун кIалъалел харабазул данделъиги. Гьенире ахIулел руго азербайжаналги, лезгиялги, табасараналги, цогидалги. Дербенталъул ишазда гъорлъеги лъугьун шагьаралда ахIвал-хIал хIалуциналъе квербакъулебги, шагьаралъул нухмалъиялде тIадецуй гьабулебги бугин тIадегIанал идарабазул нухмалъулезин лъазабулеб буго харабаз.
Гьел тIадегIанал нухмалъулел рукIине рес буго Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповги Шималияб Кавказалда Россиялъул президентас тарав вакил Сергей Меликовги. Дербент кутакалда чорокго бугин, некIсияб шагьар хIисабалда гьелъул юбилей кIодо гьабун бажарулеб хIалалда гьечIин ва жеги гIезегIан гIунгутIаби ругилан гьел кIиязго гIемер гIайибал чIван рукIана Дербенталъул мэрлъун вукIарав Имам Яралиевасда. Жибго юбилейгицин нахъбахъизе ккана. Хас гьабун Меликовас гьединал бадирчIваял Яралиевасе гьаруна 2014 соналъул 23 октябралда Дербенталде щведал.
Рамазан ГIабдулатIиповас разилъи гьечIолъи загьир гьабун букIана 2013 соналъул риидалго. Гьеб букIана республикаялъул тIалъиялдеги вачIун, Дербенталъул мэрас хIисаб кьолеб мех. Амма ГIабдулатIиповас абун букIана гIезегIан хIалтIи гьабизе ккун бугин гьениб – шагьранухал къачIаялдаса байбихьун архитектура рукIалиде ккезабиялде щвезегIан. Гьединго 120 азарго чиги жанив вугеб, кIудияб лъабго базарги бугеб шагьаралда бакIарулеб магъало цIакъго мукъсанаб ругилан.
Дол хараби унголъунги Яралиевасул рахъкколел чагIи ратизе рес бугин, амма гьезухъ гIенеккулевги, гьезда гьабизе кIолебги жо дагьаб бугин бицана ЭР-ялъе Дербенталдаса чанго чияс. Щайин абуни гьел ругила живго Яралиевасул квербакъиялдалъун ракIарулел хараби.
МоцIалъ цебе гьенибго тIобитIун букIана Яралиевасда дандечIарал чагIазул митингги.