Ссылки для упрощенного доступа

Крым-татаразул Мажлисалде гьужум (видео)


Симферополалда крым-татаразул Мажлисалъул минаялда цере чIарал россиялъул къуватал. Сентябрь 16, 2014
Симферополалда крым-татаразул Мажлисалъул минаялда цере чIарал россиялъул къуватал. Сентябрь 16, 2014

16 сентябралда Крымалъул тахшагьар Симферополалда бугеб татаразул Мажлисалъул минаялда цеве чIун вуго ярагъ борчарав ва камуфляж ретIарав анлъго чи. Гьезухъ рукIун руго автоматал. Гьединго гьебго бакIалде вачIун хъаравуллъи гьабизе байбихьун буго полициялъул 10 хIалтIухъанасги. Жидее щиб къваргIун бугебалиги гьез бицунеб букIун гьечIо.

Симферополалда къуватал идарабазул хIалтIухъабаз крым-татаразул Мажлис сверун кквеялъул лъазабулеб буго Эркенлъи Радиоялъул бутIалъун кколеб Крим.Реалії абулеб сайталъул мухбирас. Нуж щибизе гьанире рачIаралин мухбирас гьикъараб мехалда гьел ярагъ борчарал чагIаз «щибго бицине жидер ихтияр» гьечIинги абун кинал рукIаниги мухIканлъаби загьир гьарун гьечIо. Мажлисалъул минаялъувеги щивго жаниве ва щивго гьениса къватIиве виччалев вукIун гьечIо.

Дагьаб кватIун гьенибе бачIун буго полициялъул автозак абун лъалеб автомашинаги.

Гьебго заманаялда чIухь бан буго крым-татаразул «Авдет» абулеб газетаялъул редакциялдаги. Редакторги гьечIого бан буго гьениб чIухь. Гьедин лъазабулеб буго Крим.Реалії-ялъул мухбирас.

Гьесго бицухъе, 16 сентябралда Мажлисалъул минаялда цебе кколеб бугеб бахъизе рачIарал журналистал полициялъ хIалтIизе толел рукIун гьечIо ва арест гьабилин хIинкъаби кьолел рукIун руго. Киналго журналистаздаса тIалаб гьабулеб букIун буго гьенир хIалтIизе Россиялъул Федерациялъул акредитация.

Гьенире ракIараразда полициялъ гIунтIизабулеб букIун буго Россиялъул административияб кодексалъул 20.2 статья хвезабиялъул гIайиб. Гьеб хурхараб буго данде ракIарун, митингал, демонстрациял ва пикетал гьарун низам хвезабиялда.

Гьединго Крим.Реалії сайталъул мухбирасда халлъун буго гьенире рачIарал къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазда ретIел россиялъул букIин, амма документал гьез украиналъул рихьизарулел рукIин.

Гьеб къоялъ жидерго хIалтIуде рачIарал ва хIалтIул бакIалде риччалел рукIинчIел Мажлисалъул вакилзабазда лъалеб ва бичIчIулеб букIинчIо гьениб кколеб бугеб.

Къуватал идарабазул хIалтIухъаби гьенире рачIиналъе букIине бегьулеб гIиллалъун Мажлисалъул вакил ГIали Хамзиница рехсана цебесеб сордоялъ 15 сентябралда щалали лъаларел чагIаз Мажлисалда чIван букIараб Украиналъул байрахъ нахъе бахъараб мехалда гьеб жидеца гьениб цIидасан бай.

Мажлисалда чIухь баялъул гIиллалъунги гьеб бащдаб-чIинкIиллъиялда 14 сентябралда тIоритIарал рищиязе жидеца байкот гьаби букIине бегьулин рикIкIунеб буго гьез. Мухбирасе гьеб пикру загьир гьабун буго крым-татаразул Курултаялдаса Куртсеит ГIабдуллаевас.

Гьесулго баяназда рекъон, Мажлисалдаса босун унеб буго исламияб литератураги цоги документацияги.

Куртсеит ГIабдуллаев: «Мажлис буго крым-татаразул халкъалъул вакилзабазул идара. Гьединлъидал мажлисалде гьабулеб тIадецуй-гьеб буго крым-татаразул халкъалде гьабулеб тIадецуй».

Гьединго 16 сентябралда къуватал идарабазул чагIи рачIун руго Мажлисалъул гIахьалчи Эскандер Бариевасул рокъоре ва гьениса росун ун руго компьютерал.

15 сентябралъул сардилъ щивали лъаларев лъабго чи вачIун вуго Мажлисалъул минаялде аскIове, хъаравуллъуда кIигоявги тун цояв вахун вуго гьеб минаялъул фасадалда байрахъал чIвараб бакIалде ва бортизабун буго гьениса Украиналъул байрахъ. Гьебги босун гьел лъабалго гьениса лъутула. Гьеб кинабго бахъун буго минаялъул фасадалда рукIарал камерабаз.

XS
SM
MD
LG