Крым-татаразул цевехъан ва жамгIияв хIаракатчи МустIапа Жамилевас лъазабуна 18 маялда халкъалъ жиндирго тарихалъул бищун пашманаб къо ракIалде щвезабулеб мехалда цIияб зулму гьабиялъул хIинкъи нахъ чIвазе бегьуларин абун.
МустIапа Жамилев: «Крым-татараз гьеб тадбир тIобитIила Украиналъул ва жидерго миллияб байрахъазда гъоркь, лъалеб букIахъе Россиялъул тIадтараз гьел байрахъазде данде гьужумал гьарулел руго, щай гурелъул гьеб кIиябго байрахъалъухъ гьел ралагьула багIараб чIартихъ оц гIадин. Гьединлъидал гьениб зулмуги букIине бегьула».
Гьадинаб каламгун Жамилев цеве вахъун вукIана 5 маялда.
4 маялда аннексия гьабураб Крымалъул генералияй прокурор Наталья Полонскаялъ крым-татаразде лъазабуна, нагагьлъун гьадинаб экстремисткияблъун рикIкIунеб тадбир тIобитIани, гъозул миллияб Мажлис Россиялъул къануназдалъун къазе бугин.
Россиялъул тIадтараз Украиналде ва крым-татаразде данде унго-унгояб пропагандаялъул рагъ багъарун буго, ян абулеб буго магърибалъул политиказ ва мухбирзабаз.
Гьале гьалкъояз президент Владимир Путиница 300-гIан шапакъат бикьана Россиялъул журналистазе гьез Крымалда бугеб ахIвал-хIалалъул «хIакъикъат бицун букIиналъухъ» ян абун.
Гьелъул хIакъалъулъ бицана Россиялъул лъидаго бачIеб «Ведомости» абулеб газетаялъ ва тIаде жубана, гьел шапакъатал журналистазе кьун бугин балъгояб къагIидаялда.
Президентасул амру гьесул официалияб сайталда загьирабун гьечIин. Гьедин бугониги, Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас гьеб хIужа дурус гьабуна «The Moscow Times» газетаялъе тIаде щибниги жубачIого.
Рехсараб документ бихьарав ва жиндирго цIар абизе бокьичIев хъулухъчияс «Ведомости» газетаялъул редакциялде абуна, президентасул шапакъаталъе гьел журналистал мустIахIикълъанин «тIадегIанаб даражаялъул махшелалъухъ ва Крымалда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъикъат бицаралъухъ».
Гьадинаб къимат Кремлалъ кьолеб буго Крымалдаги Машрикъалъул Украиналдаги сепаратистаз Россиялъул квербакъиялдалъун гьарулел ишал ритIухъ гьарун рукIиналъухъ.
«Ведомости» газетаялъ бицухъе шапакъатазе мустIахIикълъана ТIолго Россиялъул пачалихъияб теле- ва радиокампаниялъул нусгогIан хIалтIухъан, НТВ, Россиялъул Телеканалалъул, «Russia Today» ва цогидал официалияллъун рикIунел информалатазул анцI-анцIго журналист.
Магърибалъул прессалъ абулеб буго гьел россиялъул журналистазул репортажазда лахI чIегIераб гьереси тIатинабун бугин, гьединлъидал гьел журналистазе кьураб къиматги гьересияблъун кколин.
Гьединал авторазда гъорлъ «ВатIаналъе гьабураб хъулухъ» абулеб орден щварай «Russia Today» телеканалалъул бетIерай редактор Маргарита Симоньян, Россиялъул телеканалалда ток-шоу бачунев Аркадий Мамонтов, «Поединок» программа бачунев Владимир Соловьев ва цогидал.