Ссылки для упрощенного доступа

Крымалъул букIинесеб: Россиягун ялъуни Украинагун?


Украиналда халат бахъунеб политикияб ва экономикияб кризисалъул дандерижи рагIулеб буго кIудияб политикияб асар бугеб Крымалдаги. Нижер радиоялъул мухбирас сапар бухьана гьеб бащдабчIинкIиллъиялде ва гьикъа-бакъи гьабуна дора яшав гьабулел гIадатиял гIадамазда ва жамгIиял хIаракатчагIазда.

Симферополялда гIумру гьабулев Крымалъул парламенталъул депутат Сергей Шувайниковас гара-чIвари гьабулаго абуна – жинца гIаммал гьабулеб бугин гьенир ругел гIурус миллаталъул гIадамал цIунизе.

Сергей Шувайников: «Жакъа нижеда бихьулеб буго Украиналъул миллияб идея гIуцIизе гьабулеб къасд. Украиналъул мацI цIунизе кколин абураб игIланалда гъоркь тIобитIулеб.

Амма, битIараб бицани - дида лъаларо хасго лъидаса гьеб цIунизе кколебали? ХIакъикъаталда - гьениб гIурус мацI нахъ чIвалеб буго.

Ва гьениб якъинго бихьула политикияб гIилла. Гьениб гIурус миллаталъул гIадамазе дискриминация гьабулеб буго. Ай - Украиналъул гIурус миллаталъул, гIурус халкъалъул хаслъи тIагIинабулеб буго гьениб».

Киевалда халат бахъунеб политикияб дандечIеялъ гучаб дандерижи багъаризабуна Крымалда. Симферополялдаги тIоритIана демонстрацияби. ГIемерал гIадамаз гIайибал гIунтIизаруна Цолъарал Штатаздеги, НАТОялдеге, Европаялдеги.

ХIатта Евроцолъиялъул байрахъал рухIизарун рукIана цо-цо демонстрантаз. Гьел гIадамазул рахIат хвезабун буго Киевалда данлдечIей халат бахъунеб букеIиналъ.

Крым ккола гIурус миллаталъул къадар цIикIкIараб Украинаялъул цохIго цо регион. ГIага-шагарго 60 процент. Цебе гьеб букIана Россиялъул ракьлъун. Совет Союз щущаралдаса Крым Украиналде гъорлъе лъугьана.

Гьанжейин рагIулел руго пикраби – Крым Россиялде тIад буссинабизе кколин абурал.

Гьединго рагIула сепаратизмалъул пикрабиги. Россиялъул рахъ кколел жамгIиял гIуцIабазул вакилзабаз ахIи балеб буго Крымалъул автономия щулалъизабиялде. Гьезул аслияб мурад – Москваялъул асаралда гъоркь хутIизе.

Крымалда аскIоб бугеб Белогорск абулеб гьитIинаб шагьаралъул мэр крым татар миллаталъул чи Альберт Кангиев ккола Украиналъул президент Януковичасул партиялъул вакил.

Гьес абулеб буго Белогорскалда миллияб дандечIей бигьаго багъаризе бегьулин цIодорал гурел ишал ккани.

Альберт Кангиев «Гьеб гIемермиллаталъулаб шагьар буго. Цере гьенисан депортация гьабун гочун, хадур тIад руссарал гIадамазул къадар бахунеб буго 30 проценталде. Гьединлъидал, нагагьлъун гьениб кунчIи пирхун ани, цIа гъун балагь бигьаго баккила».

Крымалда жигараб къагIидаялда хIалтIулел руго ГIурусазул багъа-бачариял ва гIуцIаби. Мисалалъе ГIурусазул жамгIиятазул Конгресс, ГIурусазул фронт ва гьединал цогидал.

12 февралялда гIага-шагарго гьединаб къого гIуцIиялъул вакилзаби Скайпалдалъун пресс-конференция тIобитIана ва дандбана Украиналъул ахIвал-хIалалъул суал. Аслияб доклад гьабуна гIурусазул Халкъияб фронталъул вакил Валерий Подъячияс.

Гьес киналго захIматал суалазе хващтIан кьолел рукIана жавабал. Гьале гьединазул цояб, Украиналъул букIинеселда хурхараб.

Валерий Подъячий: «Украина лъидаго бачIеб улкалъун хутIиладай 99 соналда жаниб. Дида лъаларо. Россиялъулийн абуни - гьеб ккола дунялалда бищун кIудияб политикияб гуч бугеб улка Цолъарал Штатал, Китай, Евроцолъиялъул улкаби гIадаб.

Гьединлъидал гьеб суалалъе кьварараб жавабги буго.Украиналда бан гьабго суалалъе жаваб батизе захIматго буго».

Крым татаразул бербалагьи загьирабуна Мажлисалъул бетIер Рефат Чубаровас.


Рефат Чубаров: «Москваялъ бихха-хочараб хIалалда рала-гъалагьулаан кидаго гьал территориял щулаго кквезе рес кьолел батIи-батIиял алатал. МугIрул Гъарабах – Армения ва Азербайжан, Приднестровье - Молодова, Гуржистаналда провокациял, Балтиялъул улкабазда интерфронт гIуцIизе къасд гьаби - гьале нужее мисалал.

Москваялда Крым бихьулеб букIана Украиналъе асар гьабизе бегьулеб алатлъун».

Москваялъулгун жидерго бухьенал рукIин нахъ чIвалел руго рехсарал гIуцIабазул вакилзабаз.

Амма Россиялъул жигарчилъи гьениб бихьулеб буго киса-кибго. Симферополялда бугеб Россиялъул консуллъиялъ гIурус миллаталъул гIадамазе агрессивияб къагIидаялъ жиндирго паспортал рикьулел руго.

Чубаровасул пикруялда Крымалда ругел щинал проблемаби къватIисан ургъун гьарулел ругин.

Рефат Чубаров «Гьадинаб жигарчилъиялъе жанисел гIиллаби гьечIо, къватIисан кутакал манипуляциял, политикиял хIаял гьарун гурони. Нижеда гьеб бихьула Москваялъулгун Киевалъул гьоркьобакI квешлъулеб мехалда».

Материалы по теме

XS
SM
MD
LG