Россиялда гIумру гьабулел гIадамазул 31 проценталда гурони лъалеб гьечIо 4 ноябралда щиб байрам кIодо гьабулеб бугебали. Гьединлъидал гIадамаз батIи-батIиял байрамал рехсолел руго. 46 проценталъ гIадамазе абуни тIубанго захIмалъулеб буго чIванкъотIараб жаваб кьезе. Гьединаб гьикъа-бакъи гьабун бугоан гьал къоязда жамгIияб пикру лъазабиялъул рахъалъ гIуцIараб фондалъ.
Гьал къоязда Дагъистаналда гьоболлъухъ вукIана Туркиялдаса магIарулав Жагьид Йылдырым. Гьев ккола гIурус пачагун 25 соналъ вагъарав имам Шамиль асир гьавуравго Дагъистаналдаса гочарал магIарулазул наслуялъул чи.
1 ноябралда МахIачхъалаялда тIобитIана терроралда дандечIараб комиссиялъул данделъи.
31 октябралъул радал Гъизилюрталда гIагарлъухъ чIвана «Эркенлъи» магIишаталъул нухмалъулев МухIамад ХIажиев. Цеве гьев вукIана Гъизилюрт мухъалъул нухмалъулевлъунги.
Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул сессия байбихьана Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул вице-спикер Владимир Жириновскиясе депутатаз гьарулел бадирчIваяздаса.
Шималияб Кавказ маххул хьуриялъ сверунги къазе ккола, гьелъул гIадамазе лъимал гьаризеги гьукъизе ккола.
Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ хал гьабизе буго юстициялъул подполковник Къурбанова ГIарафатил гIарзаялъул.
Кlикlундерилгун вацлъи лъазабизе Дагъистаналде рачlиндал Туркиялдаса нилъер ракьцоязулгун ккараб гара-чlвари.
«Дагнефтепродукт» абураб гIуцIиялдаса хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъулаз ккун унвукIарав анлъго хIалтIухъан виччана 23 октябралъул радал. Гьел рачун ун рукIана цебесеб къоялъ.
Егор ХIайдарил фондалъул квербакъиялдалъун гьал къоязда Москваялда гIагарлъухъ тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъун букIана Шималияб Кавказалда гражданияб жамгIият гIуцIиялъул суал.
20 соналдаса цIикIкIараб заман буго Россиялда миллияб идея гьечIелдаса. Гьединго гьабсагIаталда Россия цебехун бачиналъе квербакъи лъица гьабизе кколеб абураб суалги цебе лъезе къваригIун буго. Гьел ва цогидал суалал гьоркьор лъуна МахIачхъалаялда тIобитIараб Россиялъул халкъазул конгрессалъул данделъиялда.
20 соналъ халатбахъунеб буго Дагъистаналъул Новолак мухъалдаса тумал гочинари. Чачаназ дагIба балеб гьеб бакIалъа рахъинарун, МахIачхъалаялда аскIоб ралъдал рагIалда кьун руго гьезие ракьал.
Дагъистаналъул прокуратураялъ дагIба балеб буго исана риидал «Черновикалда» бахъараб ГIумар ХIажигIалиевасул макъалаялда («Здесь и сейчас. Шам»).
Дагъистаналъул медицинаялъул академиялъул ректор хъулухъалдаса гIодов чIезавуна бащдаб лъагIалица.
Ахираб заманалда прессаялдасан рагIизе бегьулеб, гьединго Россиялда тIоритIулел батIи-батIиял данделъабазда гьоркьоб лъолеб суаллъун лъугьун буго Шималияб Кавказалда бугеб жамгIиябгун политикияб ахIвал-хIал.
ГьанжелъагIан бикъа-хъамун пачалихъалъул гIарацгун жидеего «магIишат» гьабун ругьунал республикаялъул цо-цо хIакимзабазе данде кколеб гьечIин гьанже вачIарав цIияв нухмалъулесги хисараб тIалъиялъги гьабулеб гIадлуян рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи МухIамад Цезица.
11 октябралда монополиялда данде чIараб федералияб хъулухъалъул (УФАС) Дагъистаналда бугеб вакиллъиялъ лъазабуна Дагъистаналъул энергосбытовая абулеб компаниялъ Хасавюрталда лъим къатIинабизе бегьулароанилан.
ЧΙегΙерал байрахъазда гъоркь бертиналъул кортежалъалда гъорлъ апрелалда ккун рукΙаразда хурхараб диваналъул процесс тΙобитΙулеб буго Гъизляралда. Гьанже загьир гьарулел гΙайибал батΙиял ругин кортежалъул гΙахьалчагΙи ккведал гΙунтΙизарун рукΙарал гΙайибаздасайн, лъазабулеб буго адвокатаз.
Низам цΙунулез тΙатинабуна Казбек мухъалъул хъулухъчагΙаз бикъараб пачалихъалъул гΙарац. Гьеб букΙун буго хΙалтΙи гьечΙого хутΙарал гΙадамал хьихьизе хΙукуматалъ заманаялъ биччараб гΙарац. Гьедин лъазабулеб буго официалиял идарабазул вакильзабаз.
Пачалихъияб гΙарац жидеего тΙокΙ гьабиялда щаклъи ккун, ахираб заманалда Дагъистаналда цΙех-рехчагΙаз хал гьабурал чагΙазда гъорлъ гьанже Гъуниб мухъалъул нухмалъулев Пахрудин МухΙамадовги рехсолев вуго. Прокуратураялъ гьесде гΙунтΙизабулеб буго бюджеталъул анлъго миллионалдаса цΙикΙкΙун гъурущ гьоркьоб инабиялъул гΙайиб.
Загрузить еще