28 январалда МахIачхъалаялда гьоркьоб лъун букIана Дагъистаналъул мацIазул хIакъалъулъ бахъизесеб къануналъул проект.
30 январалда тIобитIана Дагъистаналъул парламенталъул тIоцебесеб сессия. Гьениб финансазул министралъухъа чIван къотIарал жавабал щун гьечIоан депутатазе. Жавабал гьечIого хутIун руго ахирисезул цогидал суалалги. Масала, щай гьедигIан кIудияб Америкаялда терактал дагьал рукiунин, малъгIанасеб Дагъистаналда щай гьел гIемерлъун ругел абураб суалаъе.
Гьал къоязда лъагIел тIубала Дагъистаналъул нухмалъиялде Рамазан ГIабдулатIипов витIун вачIаралдаса. Щуго сонил болжалги кьун гьев гьеб хъулухъалда тасдикъ гьавуна Халкъияб Мажлисалъ гъоркьисала риидал.
Итни къоялъ Дагъистаналде щвана Олимпиялъул хIаязул цIа. «Анжи-Арена» стадионалда дагъистаналъул машгьурал спортсменаз ва республикалъул мустахIикъал гIадамаз бахъана горсвери олимпиадаялъул цIагун.
26 январалда Москваялда кавказалъулазулги Гьоркьохъеб Азиялдаса мигрантазулги митинг тIобитIизе жеги чIванкъотIун ихтияр кьун гьечIо Москваялъул нухмалъиялъ.
Астраханалъул ракьалъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ гьукъун буго жидер къайимлъиялде кколел медикиял идарабазе Шималияб Кавказалъул республикабаздаса унтарал къабул гьаризе.
Россиялъул хIукуматалъ рикьулел руго Олимпиадаялъухъ балагьизе рачIунел гIадамазе бакIал. Дагъистаналъеги щун буго 800 бакI.
Цо къоялда жаниб информациялъул политикалъулъ хиса-басиял гьарулаго, республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас кIиго чи хъулухъалдаса нахъе вахъана кIиго чи, цIиял бакIазде тIамуна лъабгоял.
15 январалда Хасавюрт мухъалъул Къарланюрталда тIобитIараб хасаб операциялъул хIасилалда изну гьечIого яргъид гIуцIараздаса цIикIкIун зарал ккана низам цIунулезеги. Гьенир чIвана изну гьечIого яргъид гIуцIаразул ункъо чи, низам цIунулезул –лъабго чи. Низам цIунулезул щугоял лъукъунги руго. Гьел руго терроралда дандечIараб миллияб комитеталъул баянал.
Дагъистаналъул жанисел ишазул министрас лъазабун буго 13 январалъул сардилъ Гъизилюрталда аскIоб ккараб хIужаялъул цIех-рех гьабеян. Полициялъ гьений чIвана 52 сон барай чIужугIадан. Гьелъул гIагарлъиялъ гIайиб гьабулеб буго полициялъулазде.
26 январалда МахIачхъалаялда митинг гьабизе тIаде босаразул цояв, Дагъистаналдаса МухIамад МухIамадовасда тIад хIалтIи гьабулеб буго низам цIунулез миллатаздаги диназдаги гьоркьоб рикьи ккезабиялда хурхун.
Шамил имамасул вукIарав наиб ХIажимурадил гвангвара Санкт-Петербургалъул Кунсткамераялдаса нахъе тIалаб гьабеян гьарулеб буго Дагъистаналъул президентасда «Мой Дагестан» сайталъул гIахьалчагIаз. Гьелъие гIоло гьез ракIарулел руго гъулбасалги.
26 январалда Москваялда ксенофобиялде данде митинг хIадурулезул цояв, Дагъистаналдаса Абакар Абакаровас лъазабулеб буго гьеб акция тIобитIунгутIиялъе квал-квал гьабулеб бугин. Гьесулго рагIабазда, гьев восун вуго полициялъ гIуцIараб экстремистазул сияхIалде гъорлъе.
Чанго къоялъ цебе Волградалда троллейбус кьвагьизаби Дагъистаналдаса Аскер Самедовасулгун МухIамад ГIисаевасул пиша бугин абураб щаклъи бижун буго низам цIунулезул. Гьединал баянал тIиритIун руго прессаялдаги. Амма гьелда бан гьабурал официалиял лъазабиял гьечIо жанисел ишазул министерлъиялъул яги хIинкъи гьечIолъиялъул миллияб комитеталъул сайтазда.
МахIачхъалаялъул пляжалда гIадамал хасологи камуларо. Гьенире аслияб къагIидаялда рачIуна интеллигенциялъул вакильзаби - гьоркьохъеб гIелалъул гIалимзаби, тохтурзаби, экономистал ва жидерго сахлъиялъе хасаб кIвар кьолел чагIи. Чвердолезда гъорлъ вуго 72 сон барав профессорги. Радакьго гIадин гьени
Волгоградалда теракт гьабиялда бан жиндир цIар рехсолев вугев Павел Печенкин бащдаб лъагIалидасаниги цIикIкIун заманаялъ Дагъистаналъул Буйнакск шагьаралда вукIанин, гьединго гьев рокъове тIадвуссинавизе къваригIун исана Дагъистаналде Печенкинил эбел-эменги рачIун рукIана.
27 декабралда Мах1ачхъалаялде данделъун рук1ана муниципалиял г1уц1абазул киналго нухмалъулел. Гьениб республикаялъул нухмалъулес гьабуна Дагъистан ункъиде бикьиялда бараб лъазабиги.
25 декабралда Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналда хал гьабуна БежтIаса жамгIияв хIаракатчи МухIамад Къебедовасул гIарзаялъул.
26 январалда Москваялда тIобитIизе буго исламалдаги, кавказияздаги, миллатчилъиялдаги дандечIараб митинг.
20 декабралда тIобитIараб Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул сессиялда хIисабалде росарал суалазул цояб букIана МахIачхъалаялъул аэропорталда хурхараб.
Загрузить еще