Ссылки для упрощенного доступа

Армия хIадурлъулеб буго Донецк бахъизе


Украиналъул армия хIадурулеб рагIула Донецк ва Луганск шагьарал сепаратистазул къуватаздаса эркен гьабиялде.

Украиналъул Миллияб хIинкъигьечIолъиялъул ва улка цIуниялъул мажлисалъ (СНБОялъ) Донецкалда ва Луганскалда гIумру гьабун ругел гIадамал ахIана заманалъ шагьараздаса нахъе ине хIукуматалъул рагъул къуватаз гьениб «эффективияб хасаб операция» тIобитIизе ресал рукIиналъул мурадалда.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Украиналъул СНБОлъул Информациялъулгун аналитикияб централъул вакил Андрей Лысенкоца итни къоялъ тIобитIараб брифингалда.

Андрей Лысенко: «Украиналъул армия щвана Донецкалъул рагIалде ва хIадурлъулеб буго шагьар эркенлъизабизе, ракълилал гIадамазул эвакуациялъе рагьун руго гуманитариял коридорал.

Яргъид гIуцIаразул контролалда гъоркь ругел Донецк ва Луганск эркен гьаризе ккани, лъикIаланго хIадурлъизе ккола. Дораги гьанирги руго нижер рагъулал. Гьел гьелде хIадурлъулел руго».

Лысенкоца кIвар буссинабуна цебелъураб масъала захIматаб хIалтIи букIиналде, «жиб-жиб къватI, жиб-жиб мина бахъизе ккезе букIиналда бан».

Украиналъул рагъулазул рагIабазда, гьеб план гIумруялде бахъинабилъул мурадалда гьел шагьаралда сверун кколел руго. Цо-цо лъазабиязда чIван къотIун абулеб буго тIубанго Донецк сверун ккун букIиналъул хIакъалъулъ. Цогидаз рикIкIунеб буго гьаб гIедегIун гьабураб лъазаби букIине бегьиялъул хIакъалъул.

Тунка-гIусиял унел бакIазде щварав нижер радиоялъул Украиналъул сервисалъул Киевалъул бюроялдаса журналист Дмитро Шурхалоцаги чIван къотIун лъазабулеб гьечIо гьелъул хIакъалъулъ.

Дмитро Шурхало: «Штурмалъул къагIидаялда чIахIиял шагьарал рахъизе армиялъе бокьун гьечIеблъи баянго бихьулеб буго. Гьединаб хIукму хурхараб букIине бегьула кIиябго рахъалдаса, гьелдаго цадахъ гражданияб халкъалда гъорлъ кIудиял камиял рукIине бегьиялда.

Рагъул къуватазул жакъасеб тактика хурхараб букIине бегьула сепаратистазул къокъаби цоцадаса ратIалъизариялда. Гьале гьанже руго лъазабиял рагъулал жидерго тактикияб мурадалде щун ругин абурал. Доба бихьаралде балагьун, дидани ккола, гьел шагьарал тIуранго сверун ккун ругин ракI чIун абизе заман щун гьечIин. Амма нилъ кIалъелел ругеб заманалда гьелъие хIаракат бахъулеб бугин абизе бегьулеб батила».

Сепаратистазул рагъул къуватазул нухмалъулев Игорь Стрелковас (Гиркиница) лъазабун буго «Красный Луч» бахъанин. Хъазахъал гIадатияб къагIидаялда лъутанин. Шагьаралда хутIанин гьитIинабго къокъайин. «Лъугьана, цебе дица гIемер лъазабулеб букIараб: Новороссиялъул Донецкалъулгун Горловкаялъул группировка тIубанго сверун ккуна», - ян лъазабун буго гьес. Хадуб Стрелковас «В Контактеялда» хъван буго шагьаралда захIматал тунка-гIусиял халат рахъунел рукIиналъул хIакъалъулъ.

Би-Би-Си агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, «Донецкалъул халкъияб республика» абураб гIуцIиялъул лидераз лъазабун буго, «Донбассалда гуманитарияб катастрофа тIадеги хIалуцине биччангутIиялъул мурадалда», жал хIадурал ругин кьвагьдей чIезабизеян.

Украиналъул рагъулаз гьел ахIун руго ярагъги гIодоб лъун диваналда цере чIезе рачIиналде.

«Еженедельный журнал» абураб интернет-сурсаталъул нухмалъулев хисулев Александр Гольцица рикIкIунеб буго, Донецк Луганск областалдаса батIа гьаби, сепаратистазе цIакъ захIматаб ситуация кколин. Гьеб кколин гьезухъе гулла-хер, квен-тIех, медикаментал щвезариялъе ресал тагинарунин абураб. Аммайин жубалеб буго гьес, рагъулаб дандечIей жакъа-метер рагIалде бахъине бугин абурабги мекъаб бугин. Гьесул пикруялда, украиналъул рагъулазул жакъа гьечIо гIурал сурсатал миллионалдаса цIиккIун чияс гIумру гьабулеб кIудияб шагьар бахъиялъе.

Цингигиян абулеб буго гьес, партизаназул рагъул къагIидаби ракIалде щвезаруни, «кинабгIаги гарантия гьечIо дандечIей цогидаб бакIалда загьирлъизе бегьиялъул».

Украиналъул машрикъалъул рахъалда тIобитIулеб рагъулазул хасаб операциялда гIахьаллъулев рагIула 50 азарго гIанав чи. Гьелъул хIакъалъулъ итни къоялда УНИАН агентлъиялъе лъазабуна Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюкица.

Андрей Лысенко: «Жакъа радал сагIат ичIгоялде дихъе бачIараб информациялда рекъон, антитеррористияб операция байбихьаралдаса Украиналда хун вуго 568 рагъулав. Лъукъуна 2120-яв».

XS
SM
MD
LG