БитIун моцIалъ цере Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалда фракциял ругеб щуго партиялъги рихьизарун рукIана гьеб хъулухъалде кандидатал. Гьел ккола «Единая Россия», «Справедливая Россия», «Патриоты России», «Правое дело», КПРФ партиял. Жиде-жидерго партиязул нухмалъулелги гьезда тIаде Рамазан ГIабдулатIиповги вихьизавун вукIана гьез.
Дагъистаналда республикаялъул нухмалъулев вищулеб къолъун лъазабун буго 8 сентябрь. Гьел рищиял халкъалъ гурел, Халкъияб Мажлисалъ гьаризе руго.
Владимир Путиница лъабго чиясул цIар тIаса бищаниги, Дагъистаналда цебего гIемерисезул ракIчIун буго республикаялъул нухмалъулевлъун ГIабдулатIипов вукIине вугеблъиялда. Гьелъие нугIлъи гьабулеб бугила Рамазан ГIабдулатIиповас
ГIабдулвахIид Лабазанов: «Гьел кандидатал загIипал ратаниги ратичIониги, Путиница ГIабдулатIипов тIаса вищулев ватани, парламенталъги гьев вищула. Гьедин гьел цоязе къимат кинха кьелеб? Гьел кIиялго гIадамазда лъалел чагIиги гуро».
Малик Баглиевгун Умупазил ГIумарова Рамазан ГIабдулатIиповас
МухIамад БисавгIалиев: «Дагьа-макъалниг
ЭР: «Парламенталда лъалеб букIунищ Путиние къваригIараб жо?»
МухIамад БисавгIалиев: «Путин вачIаралдаса Шималияб Кавказалда демократия абураб жо лъугьинчIо. Федералияб централъул хъаравуллъиялда гъоркь буго кинабго. Живго ГIабдулатIиповги кидаго халкъалъ рищиял гьабиялъул рахъкколев чи вукIана. Амма гьанже республикаялъул нухмалъулевлъун вахъиндал, федералияб политикаялда хадув ана. Жеги заман щун гьечIин абулеб буго гьес гьединал рищиязе. Унголъунги щунги гьечIоха».
Дагъистаналдаго гIадин, 8 сентябралда рищиял Гъалгъалазул республикаялдаги рукIине руго. Гьедин Путиница тIаса бищараб лъабго цIаралда гъорлъ руго гьабсагIаталда гьенив нухмалъиялда вугев Юнусбек Евкуровги, Гъалгъалалъ «Справедливая Россия» партиялъул нухмалъулев ГIурусхан Евлоевги, парламенталъул нухмалъулев хисулев МухIамад Татриевги.