Ссылки для упрощенного доступа

СалахIедин: Россиялда Къуръан бухIизе хIукму гьабун буго диванханаялъ


Tatarstan -- The Koran
Tatarstan -- The Koran

Жакъа Россиялда бусурбабаздехун ва цоги миллатаздехун бугеб рокьукълъиялъул аслиял гIиллабазул цояблъун гьел миллатазул культураги динги лъайгутIи ва лъазе тIалаб гьабунгутIи бугин рикIкIунеб буго Россиялъул «Бусурбабазул ихтиярал цIуниялда сверун комитеталдаса» Сергей Михайловас. Гьес жинцаго ислам дин босун буго ункъго сон цебе ва цIар хисун буго СалахIедин абуралде.

Гlисал диналда вижарав СалахIединица гIумру гьабулеб буго Москваялда, гьесие буго 31 сон ва гьес лъугIизабун буго Россиялъул Жанисел ишазул министерлъиялъул Москваялда бугеб Университеталъул цIех-рехчагIи хIадурулеб факультет ва гьев ккола психологиял гIелмабазул кандидат.
«Россиялъул Даптар» абулеб ИсхIакъова Умал жакъасеб программалда СалахIединица бицен гьабулеб буго Россиялда исламалдехун бугеб бербалагьиялъул.

СалахIедин: «2007 соналдаса нахъе Россиялъул Федерациялда буго экстремистиял материалазул хасаб сияхI. Жакъа къоялде гьениб буго 2058 асар. Гьезулги цIикIкIунисеб къадар буго исламияб литература».

Гьедин байбихьана СалахIединица Эркенлъи радиоялъулгун гара-чIвари. Гьес бицахъе, Россиялда кинабго байбихьун буго Бадиуззаман СагIид Нурсил тIахьал гьукъиялдасан. Гьесул багъа-башари гьев вижараб ва гьес гIумру гьабураб Туркиялдаги тIалъиялъе рекIее гIолеб букIинчIин, гьес 30 сон банин туснахъаздаги жиндиего бокьаралъуб гIумру гьабизе течIого гьаниве-дове хъамунилан бицана СалахIединица.
Гьесда Туркиялда гIунтIизабулеб букIун буго дин политикиял мурадал тIуразе хIалтIизариялъул ва цо кинабалиго идара гIуцIиялъул гIайиб. Живго Нурсица абулеб букIун буго кинаб букIаниги идара жинца гIуцIун гьечIин, идара батани гьеб бугин Аллагьасе къойил щуябго как балеб МухIамадил умматалъул (с.т.гI) идарайин. Гьеб идараялда рукIин гьел какал раялдалъун гьез тасдикъги гьабулеб бугин абулеб букIун буго гьес.

СалахIедин: «Бадиуззаман Саид Нурси гьавуна 1876 соналда ва хвана 1960 соналда. Гьес нахъ тана "Рисале-и Hyp" абураб гIаммаб цIаралъ цолъизабураб 14 тIехь. Гьел руго цебесеб турк мацIалда хъварал тIахьал. Жакъа гьезие таржама гьабун буго дунялалъул 50 батIияб мацIалде. Россиягун Узбекистаналда хутIизегIан дунялалъул цониги улкаялда гьел гьукъунги гьечIо, эркенго ричун росизеги бегьула. Щибха гьениб хъван бугеб? Гьезда гIадатиял гIадамазда бичIчIулеб мацIалда бицунеб буго исламалъул. Гьезда бичIчIиледухъ хъван буго рухIалъул, ахираталъул ва чиясул къисмат щиб жо кколебали. Гьел суалазе гьел тIахьазда жаваб кьун буго».

Москваялъул Копцево мухъалъул диванханаялъ лъагIалица цIех-рехги гьабун чIезабун буго гьел тIахьал гьукъизе кколин. Гьез гIинтIамун гьечIо гьел тIахьазда щибниги экстремистияб яги террористияб жо гьечIин абулел муфтиязухъ, гьел гIенеккун гьечIо диниял гурел гIалимзабазухъ, гьез гIадахъ босун гьечIо Россиялъул инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун вакил Владимир Лукиница бицарабцин. Гьесги абулеб букIун буго иш гьедин гьабизе бегьуларин, бусурбабазул цIеретIурал гIалимзабазул тIахьал нужеца гьукъани нуж ахирги сунде рачIине ругелин гьикъулеб букIун буго гьес. Гьединаб интеллектуалияб литература гьечIого бусурбаби нужеца тани, кинал бусурбаби нужее щвезе ругелин ва Россиялъул имиджалъеги гьелъ квешаб асар гьабизе бугин абулеб букIанин Лукиницайин бицана СалахIадиница.

Амма кин бугониги гьеб хIукму къабул гьабун буго ва гьелда хадуб гьединал хIукмуял цIикIкIунги руго.
Гьес гьединго бицана Оренбург шагьаралъул диваналда цIех-рех гьабулеб бугин исламалъул классикиялин рикIкIине бегьулел Имам Нававил хIадисазул ва гьел гьукъиялъул суал бугин цебе лъунин. Дагьаб цебегIан Новороссийск шагьаралъул диванханаялъ гьукъун букIана Эльмир Кулиевас таржама гьабураб Къуръан. Гьеб лъазабун букIана экстремистияб тIехьлъун.
Гьелде тIадеги гьеб бухIизе хIукму къотIун бугин диванханаялъин бицана СалахIединица. Гьеб тIахьида ругин таржама ругебги жибго Къуръаналъул аяталги, гьединлъидал гьеб хIукму бугин Къуръан бухIизе гьабураб хIукмуйин рикIкIунеб буго СалахIединица. Гьес жеги абуна Америкалда цо чияс Къуръан бухIун батани, Россиялда жакъа Къуръан бухIизе хIукму гьабун бугин Федералияб диванханаялъ.

Щайха гьукъараб литератураялда гьоркьоб исламиял тIахьал цIикIкIун ругел? Кинаб хIинкъи бихьулеб бугеб пачалихъалда гьездасан?


СалахIедин: «Жакъа къоялде дунялалдаго цIикIкIунеб буго бусурбабазул къадар. Дунялалда гьезул къадар цо миллиардгун бащдалдаса цIикIкIун буго. Россиялдаги цIикIкIунеб буго гьезул къадар. ЦIикIкIунеб буго ислам босарал гIурусазул къадар. Жалго бусурбабазги диналъе кIвар цIикIкIун кьезе байбихьун буго. Гьеб киналдего тIалъиялъул кIвар буссунебги буго. Узухъда, контроль букIине ккола. Лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъул мониторинг гьабизе ккола, амма жакъа нилъеда бихьулеб бугеб гIадаб гIурхъи хвараб жо гьабизе бегьуларо. Жакъа тIадецуй гьабулеб буго ислам босарал гIурусазде, диналда тIадчIарал бусурбабазде гьабулеб буго тIадецуй Дагъистаналдаги, Татарстаналдаги ай Россиялъул исламиял регионазда».

ГIиллаго гьечIогойищха исламалда гIайиб гьабулеб бугеб магърибалъ? "Аль-КъагIидаги", Шималияб Африкаялда ругелги, ГIагараб Машрикъалда ругелги террористиял къукъаби бусурбабазуллъидал ругел цIикIкIунисел.


СалахIедин: «Жал бусурбаби рукIиналъул лъазабулел гIемерал радикалиял къукъаби гьединал рукIиналда гIураб щаклъи буго. Гьел провокаторазул хIаял рукIин бичIчIизабулел гIунги тIокIал руго хIажаби-гьеб цо. КIиабизе бугони-ислам буго ракълилаб дин. Ислам буго терроризмалъул ва экстремизмалъул кинал рукIаниги гIаламатазде данде чIараб дин. Исламалъ рахъ ккола киназулгогун лъикIал гьоркьорлъаби рукIинариялъул, гьебги сундего балагьичIого. Нилъер жакъасеб заманги буго диалогалъул заман. Нилъеда гьеб кIочене бегьуларо, гьеб малъулеб буго нилъеда Къуръаналъги. Диалог гьабизе ккола киназулгогун гьезул диналде, миллаталде яги цоги сунде букIаниги балагьичIого. Бусурбабазул рахъалдасан кинал букIаниги экстремистияб хIаракатчилъи бихьизабиги-гьеб буго бусурбабазда ислам лъангутIиялъул гIаламат».

Сибиралъул Красноярс шагьаралда аслияб къагIидаялда гIумру гьабулеб бугин гIурусаз, гьенирги дагьал рукIинчIин 90-билел соназда Россиялда букIараб бихха-хочиялде гъорлъе лъугьарал гIолилал ва гьеб гIураб куцалда криминалияб шагьар букIанин бицана СалахIединица. Гьеб шагьаралъул бугин жакъа Европаялда ругел бищунго кIудиял хабзалазул цояб, гьенив вукъун вугин шагьаралда гIумру гьабулел къадамазул къадаралдаса чанго нухалда цIикIкIараб къадар ва гьениб тIубараб ах бугин 90-билел соназда чIварал гIолохъаби рукъараб.

Доб мехалда гьеб гIумру-яшав гьабулел рукIарал гIолилазул гьанже чIаго ругезул гIемерав чияс босун буго ислам дин. Гьезулги аслияб къукъа исламалде бачIун буго «Рисале-и Hyp» цIалун. Гьединазул вугин анцI-анцI чи, жидеда лъаларелги ратизе рес бугин абуна гьес. Ислам босанин гьез ва хIакъикъаталдаги кутакалда хисанин гьел, гIумруялдехун бербалагьи хисанин гьезул, пикру гьабизе байбихьанин гьезин бицана СалахIединица.

СалахIедин: «Исламалъул цониги бихьизаби гьечIо ва букIине рес гьечIо гIелмуялде данде. Гьел цадахъ унел руго. Гьелде тIадеги, жакъа къоялде гIелмуялъ рагьулел руго исламалда ругел хIужаби. Исламалъ цебего абун букIанаб битIараб букIин жакъа чIезабулеб буго гIелмуялъ».

Лъиениги балъголъи руго жакъа жибго бусурбабазул умматалда жанибги рекъел гьечIолъи. Масала ГIиракъалда цин чIечIого сунитаз шигIитазде ва шигIитаз сунитазде гьарулел руго терактал, парахалъи гьечIо Мисралда ва Шамалда. Шималияб Кавказ ракIалде щвезабуниги парахалъиялъул сипат цебе чIоларо. Гьеб сунда бараб бугеб ва киналлъун рукIине кколел жакъа бусурбаби?

СалахIедин: «Щибаб гIасруялда, Къуръаналъ гьедин абулебги буго, дунялалда вижизе вуго цо гIалимчи. Гьез умматалда бичIчIизабизе буго ислам. Гьез ритIизаризе руго заманаялъ ислам бичIчIиялъулъ рижарал гъалатIал ва уммат бачине буго битIараб нухдасан. Гьединлъидал нилъ жакъа балагьизе ккола исламияб дунялалъухъ, гIалимзабазул дунялалъухъ. Киб бакIалда кинав гIалимас щиб абулеб бугебали жакъа бусурбабаз гьабизе кколелда хурхун».

Жакъа дунялалда ругелщинал проблемаби: социалиял, гендериял, финансазулал ва цогиял исламгун рекъон гурони рагIалде рахъинаризе рес гьечIин рикIкIунеб буго СалахIединица.

СалахIедин: «Къуръан киналго гIолохъанлъулеб букIуна. Гьелда хъвараб херлъизе рес гьечIо. МухIамад Аварагасде (с.т.гI) 1500-гIан соналъ цебе рещтIараб вахIъюялъул жакъа къоялде бугеб гIолохъанлъи ва кIвар букIин бихьун бусурбабилъун кколарел магърибалъул гIалимзабицин мукIунлъулел руго МухIамад Аварагасул (с.т.гI) шаригIат бищунго щвалде щвараб шаригIат букIиналъе. 200 соналдасанцин жакъасел европалъулал МухIамад Аварагасул (с.т.гI) заманаялда букIараб пачалихъияб гIуцIиялде гIагарлъани, жал бищунго талихIал гIадамаллъун рукIинаанин абулеб буго гьез. Жакъа къоялде Европалъул цо-цо улкабазда буго бусурбабазул банказул система. Бусурбабалъун кколарел гIемерал финансистал мукIурлъулел руго гьеб бищунго ритIухъаб финансазул система букIиналъе. МухIамад Аварагас (с.т.гI) жиндир заманаялда гьарун рукIарал гIемерал социалиял бигьалъаби-доб заманаялда букIана новаторлъи ай киданиги лъицаниги гьабун букIинчIеб иш.
Жакъа бихьулеб буго жамгIияталъул гIемерал унтаби исламгун рекъон гурони нахъа тезе рес гьечIолъи».

Россиялде тIадруссани, Москваялда ва цоги кIудиял шагьаразда бакIалъул абулел гIадамазул кIудияб разилъунгутIи букIуна бусурбабазул байрамал ругел ва гьенир дагьал гурони гьечIел мажгитазда как базе бакI гIоларел бусурбабаз нухазда ва къватIазда какал ралелгIан заманаялда гьезие нухал къалел рукIиналда. Мигрантазулги мигрантал гурел жиндирго халкъалъулги миллионаз гIумру гьабулел улкаялъул чIахIил шагьаразда гIураб къадаралда мажгитал гьечIолъиялъул гIайиб бакIазул нухмалъиязда батаниги, нухмалъигун къотIи гьабун бажарулерел исламиял идарабазда батаниги, жалго къватIазда какал ралел гIадамазда гьеб лъицаниги гьабизе кколарин рикIкIунеб буго СалахIединица.

СалахIедин: «Жакъа Москваялда мажгиталъуб жаниб как базе бакIал гIечIого къватIахъ гьеб банин ва гьенисан унел чагIазе гьез квал-квал гьабунин абураб гIайиб кинго бегьилищха гьезда гьабизе. Гьединго бегьиларо жидер гIагарал ракьал тун, хъизамалъе гъурущ балагьун гьелда хадур хIалтIи бугелъуре арал бусурбабазда гIайиб гьабизеги. Жакъа къоялде баккулеб буго бакIалъул гIадамазда ва жидеда тIадал диниял тадбирал тIоритIулел бусурбабазда гьоркьоб бичIчIунгутIиял. Гьеб суал рагIалде бахъинабизе буго гIицIго цо нух-узухъда, бусурбабазул сабру гIураб буго, гьез сабру гьабуна, хIажалъи ккани, гьабизеги буго, Аллагьас Къаръаналда абулеб бугелъул жив сабру цIикIкIаразда цадахъ вукIунин-амма бокьилаанха бакIалъул нухмалъиялъги данде галаби лъуни. Гьезда бичIчIизе кколелъул бусурбабазде данде гьез гьеб гали лъечIони, гьез жидецаго жидеего проблемаби рижизарулел рукIин».

Живго СалахIедин ислам диналде вачIун вуго ункъго сон цебе. Гьелъие аслияб гIиллалъунги ккун буго гIумруялъул пикру гьаби ва исламияб литература цIализе байбихьи. Гьелде щвелалде Сергей Михайлов вукIун вуго Россиялъул Жанисел ишазул министерлъиялъул Москваялда бугеб Университеталъул цIех-рехчагIи хIадурулеб факультетги гьенибго аспирантураги лъугIизабурав психологиял гIелмабазул кандидатлъун.
Ислам дин босизе мун лъугьараб мехалда рокъосез щибан буда абулеб букIараб? Гьел дандечIун рукIанищан гьикъана нижеца гьесда.


СалахIедин: «АлхIамдуллилагь, конфликт букIинчIо. Эбел-инсуца бичIчIигун къабул гьабуна дир гьеб хIукму. Амма гьезул кIудияб хIинкъи букIана бусурбабазда хурхун информалатаз бицунелде балагьун. Бусурманчияс киб букIаниги кинаб букIаниги гьитIинабги тIекълъи гьабун бугони, гьелъул бицун-чIамула киналго абухъе информалатаз дагьалги кьер-кьералги кьун. Амма бусурманчияс гьабураб лъикIлъиялъул кIванагIан бицунаро. Гьедин ккана Москваялде гъоркьехун кIиго яс лъелъа хвасар гьаюрав ва живго гъанкъарав Дагъистаналдаса рахIметов Маратида хурхунги.

http://www.stavropolye.tv/sfdnews/view/58474

КIиго анкьалъ лъицаниги цIар бахъичIо гьеб хIужаялъул. Гьесие пачалихъалъул шапакъат кьеялде ирга щвараб мехалда гурони гьелъул цо-цо информалатаз бицинчIо. Гьесие кколеб шапакъат кьунцин гIакъуба бихьизабичIо нилъер хирияб тIалъиялъ».

Гьедин бицана Эркенлъи Радиоялъе Россиялъул «Бусурбабазул ихтиярал цIуниялда сверун комитеталдаса» Сергей Михайловас ай СалахIединица жакъа Россиялда исламалдехун бугеб бербалагьиялда хурхун.
XS
SM
MD
LG