Ссылки для упрощенного доступа

ООН: Мариуполалъул би жидеда бугел диваналда цере чIезаризе ккола


Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Мажлисалъул иргадулаб гуреб, Донбассалда ахIвал-хIал хIалуцин сабаблъун ахIараб данделъиялда генералияв секретарь хисулев Джеффри Фелтманица лъазабуна Мариуполалда кьаби ургъунго щвезабураб бугин ва гражданияб халкъ бугеб бакIалде кьвагьдарал тамихIалде цIазе кколин.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул генералияв секретарь хисулев Джеффри Фелтманица Мариуполалда ккаралъул бицунаго, кIвар буссинабуна ОБСЕялъул докладалда бихьизабухъе, сепаратистазул контролалда гъоркь бугеб территориялдаса шагьаралде кьвагьдун рукIиналде.

Джеффри Фелтман: «Берцинго пикру гьабуни, бичIчIунеб буго, Мариуполалде ракетаби риччарал чагIаз гражданияб халкъалъ гIумру гьабураб бакIалда ургъунго кьаби щвезабун букIин. Гьебин абуни ккола халкъаздагьоркьосеб гуманитарияб къанун хвезаби. Нилъеца чIван къотIараб сигнал битIизе ккола, гIайибиязе диваналда цере чIезарун, тамихI гьабизе букIиналъул».

Фелтманица сепартистал ахIана халкъаздагьоркьосел къанунал тIуразариялде, Россия – жиндирго асар гьабизе ругеб ресал хIалтIизарун, битIей чIезабиялде.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялда Украиналъул вакилас жиндирго иргаялда Москваялда гIайиб гIунтIизабуна, гьелъ гьенибе рагъулаб техника, ярагъ ва рагъулал ритIулел ругинги абун. Гьес Россия ахIана Минскалъул къотIи-къай тIубазабиялде.

ООНалда Цолъарал Штатазул вакил Саманта Пауэрица лъазабуна, Россиялъ рахъ кколеб бугин гьужум гьабиялъул сепаратистазул планазулин.

Гьелъул Россиялдаса коллега Виталий Чуркиница Донбассалъул лъугьа-бахъунелъул жавабчилъи лъолеб буго регион къуватияб къагIидаялда мукIур гьабиялъул курс босараб Киевалда. Гьес абулеб буго, гьелъ Донецкалъулгун битIахъеб диалогалдаса инкар гьабулеб бугин.

Гьесулго рагIабазда, Киев цебего хIадурлъулеб букIана рагъде. АхIвал-хIал цогидаб сценариялда ине букIанин, гьелъ Минскалъул меморандум тIубазабун, къуватаб рагъулаб техника ва ярагъ нахъе цIан букIарабаниян, жубалеб буго гьес.

Украиналъул нухмалъиялде асар бугел пачалихъал Чуровас ахIана Киевалъ гьарулел гIалабазде берал къанщиялдаса инкар гьабиялде.

Гьелдаго цадахъ Россиялъул президент Владимир Путиницаги Петербургалда студенталгун данчIвалеб мехалда абуна, Киевалъе бокьун гьечIин ракълилаб къагIидаялда конфликт рагIалде бахъинабиялъул нухалдаса инейин. Гьесул пикруялда, Киевалъ жиндирго интересаздаса инкарги гьабун, квербакъи гьабулеб буго Россиялъул геополитикиял мурадазе гIорхъаби чIезаризе бокьурал къуватазе.

Владимир Путин: «Нилъ рукIуна Украиналъул армия, Украиналъул армияянги абун… Хакъикъаталдаги, щал гьенир рагъулел ругел? Цо рахъан босани, официалиял рагъул къуватал. Амма аслияб бутIа ккола гьениб жалго лъикIал лъугьун рагъулел миллатчагIазул батальонал. Кьолболъе балагьани, гьеб армияцин кколаро. Гьеб къватIисел пачалихъазул гIадамаздаса гIуцIараб легион ккола. МухIкан гьабуни, НАТОялъул улкабазул легион.

Украиналъул миллиял интересазул ургъел узухъда гьезул рукIунаро. Гьезул руго жидерго мурадал. Гьезул аслияб мурад ккола геополитикияб рахъалда Россиялъе гIорхъаби чIезари. Гьебин абуни кинниги данде кколаро Украиналъул миллияб интересазде».

Брюсселалда тIобитIараб пресс-конференциялда НАТОялъул генералияв секреатарь Йенсон Столтенбергица абуна Россиялъул президентасул рагIаби нонсенс кколин.

Йенсон Солтенберг: «Украиналда НАТОялъул легион бугин абураб лъазаби ккола нонсенс. ГьечIо кинабгIаги НАТОялъул легион. Украиналда ругел къватIисел пачалихъазул къуватал ккола россиялъулал. Гьединлъидал, цо рахъалъан балагьани, гьеб унгоги ккола проблема, Украиналда Россиялъул къуватал рукIин ва Россиялъ сепаратистазе яргъил рахъалдаса кумек гьабулеб букIин».

Евроцолъиялъул лидераз къватIисел ишазул министразда тIадкъана Украиналъул машрикъалъул рахъалда хIалуциналъе жавабиял тадбирал хIадур гьари, гьездаго гъорлъ Россиялде данде гьаризе бегьулел цIиял санкциябиги. Министразул данделъи тIобитIизе планалда буго 29 январалда Брюсселалда.

XS
SM
MD
LG