Ссылки для упрощенного доступа

Камалов Магьди-МухIамад: Нюрнбергалда фашистазегIадаб диван гьабизе ккола ХIажимурад чIварал чагIазе


Камалов Магьди-МухIамад – «Рагlуе эркенлъи» гlуцlиялъул генералияв директор, Москва, 2012 сон
Камалов Магьди-МухIамад – «Рагlуе эркенлъи» гlуцlиялъул генералияв директор, Москва, 2012 сон

Маялъул ахиралда информациялъул агентлъабаз тIибитIизабуна Дагъистаналде щвезе бугин Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул хIалтIухъабаздаса гIуцIараб къокъайин абураб баян. Гьез гьабизе бугин «Черновик» газеталъул бетIергьан ХIажимурад Камалов чIваялъул цIех-рехин.

Интернеталда тIибитIизабураб баян гурони ЦIех-рехалъул комитеталъул хIалтIухъаби Дагъистаналде рачIине рукIиналда бан лъалеб жо гьечIо ХIажимурадил вац ва гьанже гьеб газеталъул бетIергьан Магьди-МухIамад Камаловасда.

Камалов Магьди-Мухlамад: «Процессуалияб процедураялда рекъон, гIагарав чи хIисабалда гьез дида лъазабизе кколаан кагъатги хъван гьеб ишалъул цIех-рех гьаби ЦIех-рехалъул комитеталда тIадкъалеб бугилан. Амма жеги лъазе гьабичIоха».

Магьди-МухIамад Камаловасул божилъи буго ЦIех-рехалъул комитеталъухъа гьеб иш бажаризе букIиналда. Щайгурелъул щаклъи ккарав щивав чи сурав босизе хас гьабун Москваялде ахIулин гъоз, ришватчагIаз ричун росизе Дагъистаналда течIогоян абулеб буго гьес.

Гъоркьисала декабралда МахIачхъалаялда ХIажимурад Камалов чIван хадуб республикаялъул президентас кьураб рагIудаса хадуб жинда ккун букIанин гьеб такъсир рагьизе бищун гIемер моцI къваригIинилан абуна Эркенлъи Радиоялъе Магьди-МухIамад Камаловас.

Дагъистан -- Камалов ХIажимурад—«РагIуе эркенлъи» гIуцIиялъул вукIарав генералияв директор МахIачхъалаялда митингалда кIалъалев, 21Сен2010
Дагъистан -- Камалов ХIажимурад—«РагIуе эркенлъи» гIуцIиялъул вукIарав генералияв директор МахIачхъалаялда митингалда кIалъалев, 21Сен2010
ТIадежоялъе шагьар бакьулъ видеокамерабиги лъураб къватIги бугелъулин абураб божилъи букIун буго гьесул. Амма тIокIалъ чIечIого редакциялдеги вачIун ахиралда ХIажимурадица хъвараб макъала бахъейин жиндие интернеталдасаян цого жо бицунев цIех-рехчиясухъ балагьун кIиабилеб моцI сверулеб мехалда Магьди-МухIамадида бичIчIун буго гьелъул щибго хIасил ккунгутIи.

КIиго моцI ун хадув вачIун вуго довго чи дальномер абулеб алатги босун, ХIажимурад чIварав чиясул логол халалъи кигIан букIарабали лъазабизе.

Дагъистаналда ругел цIех-рехчагIи тIадрекъоларо гьеб рахъалъ жидеца хIалтIи гьабулеб гьечIин абураб пикруялда. НусгогIан чиясухъа сурав босанин гьеб такъсиралда хурхунин лъазабуна журналистазда Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул официалияв вакил Маркиницаги.

Амма Магьди-МухIамадица Эркенлъи Радиоялъе бицана цIех-рехчагIазда гьоркьов вугев цо лъалев чияс бихьизабунин жидеда гьезул сияхI, гьеб такъсиралдехун хурхен бугев цо чигицин гьечIин гьезда гъорлъ. ЦIех-рехалъул таптаразда гъорлъ рагIула гьединго ХIажимурад гIодов чIолев вукIараб бакIилгун гьев хIалтIулеб кабинеталъул сураталги, газеталъул вакилзабазул хIисабалда, къваригIел гьечIелщинал кагъталги.

Гьединлъидал тIаса рихьизаризелъун гьарурал гьикъа-бакъияллъунги, кагъталлъунги, суравлъунги бичIчIулеб буго гьеб кинабго газеталъул вакилзабазда. Экспертизаялдехунги руго гьезул тIасанкIалъаял. Гьединго телефоналдасан гьарурал кIалъаязул биллингалъулги цIех-рехчагIаз официалияб къагIидаялда лъазабураб версиялъулги гьечIо щибниги цоцаздехун гIахьалаб жоги. Гьедин бицана Эркенлъи Радиоялъе ХIажимурад Камаловасул гьитIинав вац Магьди-МухIамадица:

Камалов Магьди-Мухlамад: «Амма ниж руцIцIун чIун рукIана, щайгурелъул нижеда лъалаан букIине кколедухъ гьабулеб гьечIин цIех-рехилан кIиабилеб моцIалдего ахIи-хIур бахъинабизе журани, нужеца квал-квал гьабулеб бугин жидее, рагIа-ракьанде щун цIех-рех гьабизе толеб гьечIилан къанун цIунулез нижеда гIайибал чIвазе рукIин».

Магьди-МухIамадица бицухъе, гьелдаса хадур гьел хIалада толел рукIун гьечIо газеталъул цIалдолез. Цогидазе къварилъи ккедал хъвадарулел, гIарзахъдулел рукIунел нуж, гьанже ХIажимурад чIвайдал хIухьел ккун щай чIун ругелин абун. Гьедин гьеб такъсир гьабун щуго моцIидасан къватIиреги рахъун газеталъул вакилзабазги ХIажимурадил гIагарлъиялъги хитIаб гьабуна Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатазде.

Гьез гьарулеб буго ХIажимурад чIваялъул цIех-рех гьаби Москваялде бахъейин, ЦIех-рехалъул комитеталда тIадкъайин гьеб. Гьенибе нух бахъизеги гIезегIан захIмалъун бугоан гьезие. Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсаламицаги бакIалъул парламенталъул депутатазги гьабураб гьединаб хитIабалъухъ гIингицин тIамун гьечIо Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъ гьанже Думаялъул 105 депутатас хитIаб гьабизегIан.

Магьди-МухIамад Камалов хIинкъун вуго ХIажи ГIабашилов чIвараб мехалда гIадаб жо ккелин гьеб цIех-рехалъулгиян. Дагъистаналъул телевидениялъул нухмалъулев чIварал чагIи ратанин лъазабуна цIех-рехчагIаз министрасда.

Камалов Магьди-Мухlамад: «Хадуб байбихьана гьез бугеб-гьечIеб жо гьеб чIвай-хъвеялдаги хурхинабун, расги гIайиб гьечIел чагIиги жанир тIамун гьезие гIакъуба кьезе, гьез гьабунин гьеб чIвай-хъвейин чIезабизе. Гьединлъидал дун кутакалда хIинкъун вуго гьаб диваналъулги гьединабго хIасил ккезе букIиналда».

Магьди-МухIамадица абулеб буго жиндие бокьилаанила ХIажимурад чIварал чагIазе гьабулеб диван 1945 соналда Нюрнбергалда фашистазе гьабураб диваналда релълъараб букIине. ГIицIго фашистал рукIунин гуреб, чIванкъотIун лъида щиб гIайиб бугебали чIезеги гьабун, щивасе мустахIикъаб хIукму къотIараб процессалда релълъараб букIине. Гьеб диваналдаса хадуб лъилниги кинабгIаги щаклъи хутIун букIинчIо жидее хIукму къотIарал чагIи гIайибиял рукIиналда.

Камалов Магьди-Мухlамад: «Гьеле гьединаб диван къваригIун буго Дагъистаналъе. Щайгурелъул гьабсагIаталда гьанир тIоритIулел диваназда релъанхъулел руго гIадамал. Квер хьвагIун, божилъи гьабичIого толеб буго гьел диванчагIи ришватчагIи ругинги абун.
ХIажимурад Камалов чIваялда бан гьабулеб диван Нюрнбергалъул диваналде сверизабизе кIвани дагьалъгIаги, масала, гьале гьав чияс чIванин гьев, гьеб такъсир гьабизе гьале гьав цояс тIадкъайги кьунилан абулеб куцалда – кутакалда лъикI букIинаан Дагъистаналъе. Гьеб мехалда диванчагIазда цодагьагIаги божилъи гьабизе бачIинаан Дагъистаналда. Гьеб диванги букIине ккола чIванкъотIараб, якъинаб».

ХIажимурад Камалов чIван анкьго моцIидаса цIикIкIун заман унеб букIаниги, фейсбукалда рагьараб гьесул гьумералде гьаб жакъаги хъвалеб буго батIи-батIиял гIадамаз. Хъвалеб буго гьев ракIалда вугин, гьев ками зах1малъун бугин. Масала, Расул Абу Асад абулев дагъистанияс абуни хъвалел руго шагlирасул рагlаби: «Сон дун вукIана жакъа нуж гIадин, метер нуж рукIина жакъа дун гIадин».
XS
SM
MD
LG