«Евровидение» ккола гIицIго кучIдузул конкурс. Гьебги щиб, гьелъул кIвар гьедигIанго кIудияб гьечIо дунялалда. Гьедин букIаниги, «Евровидение»-ялда хадуб хал кколезул ургъел ккун буго, Россиялдаги Украиналдаги гьоркьоб унеб конфликталъул асар музыкалияб тадбиралде букIине бегьиялда бан.
Ахирисел моцIазда Россиялдаги Украиналдаги гьоркьоб бугеб хIалуциналъул бицунел макъалабазул къадар цIикIкIун гурони, дагьлъулеб гьечIо.
Амма гьаб анкьалда улкабазда гьоркьоб дандечIеялъул гIатIилъи букIана Даниялъул Копенгагеналда бугеб Diamond Stage абураб кIудияб сценаги. Гьенир рукIарараз лъикI къабул гьаюна Украиналъул вакил Мария Яремчук.
Россиялдаса Анастасия ва Мария Толмачевал «Евровидение – 20I4» - лъул финалистал рахъиналъул хIакъалъулъ лъазабиялъ залалда баккизабуна ракIалъе гIолареб ахIдей ва гьиштIей.
17 сон барал кIилъучал Толмачевал жидерго кечI ахIана Украиналъул конкурентал сценаялда рахъиналде цебе. Гьез ахIана Филипп Киркоровас хъвараб Shine абураб кечI. Гьелда гIадамал ахIулел рукIана «гьитIинабгIаги рокьи загьир гьабиялде». Гьеб ахIана цIакъ берцинаб манераялда. Чанго минуталдаса сценаялде яхъарай Яремчукицаги ахIана «Тик-так» абураб оптимистияб рокьул кечI.
Амма жибго драма загьирлъана дагьалъ хадуб – маркIачIуда тадбир бачунез Толмачевал финалалде рорчIиялъул хIакъалъулъ лъазабун хадуб.
ГIемерисез рикIкIунеб буго, Россиялъул кочIохъабазде гьиштей кколин Россия Украиналъул ишазде гъорлъе лъугьиналъе протест загьир гьабиялъул къагIидайин. Цогидаз жубалеб буго, залалда жанир аслияб къагIидаялда гIадатияб гурел сексуалиял къагIидабазул гIадамал рукIиналда бан, гьез гьелдаго цадахъ загьир гьабунин Россиялда геязде данде къанун къабул гьабун букIиналде данде протестгиян.
Финалистазул пресс-конференциялда Яремчукица загьир гьабуна жиндирго ватIаналъул рахъ кколеб букIиналъул пикру.
Мария Яремчук: «Дир позиция буго гьадинаб. Дун чIухIарай йиго, дун украинай йикIиналдаса. Гьаб сценаялда чIун дица гьалуб кинабгоги, дица гьабулеб буго Украиналъул халкъалъе.»
Толмачеваз политикиял лъазабиял гьаричIо, баркала кьей гурони.
Толмачевал: «Ниж бетIер сверуледухъ талихIал руго, ниж эмоцияз цIезарун руго. Нижеца киназего баркала кьолеб буго. Нижее нуж рокьула! Баркала нужее нижгун рукIиналъухъ!»
Twitter-алда цо-цо экспертаз жидерго прогноз загьир гьабун абулеб буго, «Евровидение» -ялда бергьине бегьулин Армениялдаса Арам МР3-йин.
Гьедин кканиян, хъвалеб буго цогидаз, гьедингоги мискIинаб Арминиялъ хадусеб соналда тIобитIизе ккезе буго цIакъ хираго чIолеб халкъазда гьоркьосеб музыкалияб конкурсин. Цогидаб къокъаялъул пикруялда, бергьине бегьула Швеция.