Ссылки для упрощенного доступа

Сириялда рагъулел дагъистаниязул къадар анлънусилъа ана


Сириялда вагъулев АхIмадил эмен МухIамад
Сириялда вагъулев АхIмадил эмен МухIамад

Исана 12 январалда Туркиялда теракт гьабурал россиялъулазул цояв Дагъистаналдаса Камалудин Бабаев вугин чIезабулеб буго гьеб улкаялъул хасал хъулухъаз.

Гьединго хутIарав кIигояв - Татарстаналдаса ХIайдар Сулеймановги Руслан ХIайбулловги - кколин бицунеб букIана байбихьуда. Гьел лъабазулго бугила ИГИЛалдехун хурхенги. Лъабалго ун рукIун ругила Египеталде 2000 соналда динияб цIали гьабизеги.

Амма дагьалъ чIун, Туркиялъул диваналъ туснахъалдаса эркен гьаруна Татарстаналдаса кIигоял. Гьезул телефоназда жанир ратун руго ИГИЛ какун гьарурал хъвай-хъвагIаял.

Амма дагъистанияв туснахъалъув кквеялъе гIиллалъун Туркиялъул диваналда бихьун буго Камалудин Бабаевасул телефоналда жаниб туманкIги кодоб ккун бахъараб сурат бати. Гьесул адвокатас абулеб буго гьеб кколин Дагъистаналда вугеб мехалдаго Бабаевас бахъун букIараб сурат. Чанахъанлъи гьабулаанин гьес доба.

12 январалда Туркиялда гьабураб теракт сабаблъун гIумруялдаса ватIалъана 11 чи, лъукъа-къотIана 14-яв.

Бабаев Туркиялде анин салафияв вукIиналъ Дагъистаналда къанун цIунулезулгун данде ккунгутIаби рукIун, амма Туркиялда гьев гIиси-бикъинаб бизнесалда вукIанин бицунеб буго гьесул адвокатас.

ПалхIасил, Дагъистаналда къанун цIунулезул пикруялда рекъон, ахираб заманалда Сириялде ИГИЛалда гъорлъе унез гьезул лъалкI къосинабулеб буго бачIинахъего Туркиялде инчIого. Гьез тIаса бищулеб буго Азербайжаналдасан, яги Гуржиялдасагун Украинаялдасан нух.

Гьедин Гуржиялъе инин жив гIагарлъиялъухъе гьоболлъухъилан чIун вукIун вуго байбихьуда Дагъистаналъул Сергохъалаялдаса Чараков АхIмад. Инсуца изну кьолеб букIун гьечIо. Йокьарай ясги хъамун туснахъалде ккун, гьениса эркен гьавураб заман букIун буго гьесул гьеб. Гьабизе хIалтIи щварабго, цадахъ вачунев вукIун вуго гьес вас.

Амма туснахъалдаса гьев цо батIияб гIамал-хасиятгун вачIанин ракIалде щвезабуна гIагарлъиялъ. Жалги гьитIинаб къоялдаса нахъе дин гьабулел чагIи рукIанила, амма АхIмадица цо батIиял гьукъа-къаял гьаризе лъугьанила. Гьебги чIахIиязе гуребги, гьанжего-гьанже гаргадизе лъарал лъималазегицин. Гьедин вусса-сверизавун вачIанила жидер вас Россиялда бугеб туснахъалъуса.

ПалхIасил, Сириялде вагъизе арав Сергохъалаялдаса 5-6 чиясда гьоркьоса цояв ккола Чараков АхIмад. Гьесул гIагарлъиялда лъалеб гьечIо хас гьабун ИГИЛалда гъорлъищ, Ан-Нусраялда гъорлъищ, яги цогидал къокъабазда гъорлъищ жидер вас вагъулев вугевали.

Рокъоса ун бараб лъагIелги лъабго моцIалдаги жанив цониги нухалда жидергун бухьеналде вачIинчIин абулеб буго гьез гьев. Амма гьев Сириялда вукIин гьезда къанун цIунулел идарабаз бицун буго.

АхIмад Чараков Сириялда чIван вугилан цо заманалда хабарги бачIун, гIагарлъиялъ садакъадуй жоги кьун, зикруги бачун буго гьесда хадуб. Дагьалъ чIун хабар щун буго лъукъун вукIун вугин гьев, гьанже чIаго вугилан.

Гьадин бицунеб буго АхIмад Чараковасул эмен МухIамадица ЭР-ялъе.

МухIамад Чараков: «Лъукъунги вукIун, чIаго хутIун вуго гьев. ТIаде бачIараб цогидаб къокъаялъ хвасар гьавун вуго.

ПалхIасил, дица гьадин абила. Президент Путиние бокьун буго улкаялда гIадлу чIезабизе. Амма гьесул вассалаз хвезабулеб буго кинабго. ГIанкIу бикъарав – лъабго сонги кьун туснахъ гьавулев вуго, миллиардал рикъаравин абуни рокъов парахат вукIунев вуго.

Гьеб жо пачалихъ гуроха. Гьабулеб батани, киназего гIахьалаб куцалда гьабизе ккеларищ гIадлу? ЧIезаризе ккеларищ гьезие шартIалги. Гьале нижер росулъ хIалтIиги гьечIого, гьабилеб жо лъаларого руго гIолохъаби. Гьедин анин тола дица Сергохъалаялдаса васалги Сириялде. Эбел-инсул горбода рекIун кидалъагIан гьел рукIинел?

Сириялде рагъизе иналъе гIиллаги дин бугин рикIкIунаро дица. ТIоцебе пачалихъиял хъулухъчагIаздаса байбихьун чIезабулеб букIарабани гIадлу, щивниги кивениги унароан. Амма рагьун гьедин абизеги хIинкъулел руго гIемерисел, щайгурелъул къасиялдаса радалалде рачIун, ругеб бакI лъачIого тIагIинарулелъул.

Гьединго къваригIелалъ кире аниги, цодагьа-макъаб жо кьейин чIола хъулухъчагIи. Дун ун вукIана дагьалъ цеве бакIалъул администрациялде. Гьеб администрациялъул нухмалъулев хисулев вуго абулев ришват бащадаб лъиеялиго, бащадаб цогидазе кьейила. Гьеб жо тIалъийищ, тIалъийищ гьеб? Аллагьас цIунагийин, гьадаб Сириялда бугеб балагь гьанибеги щвечIони…»

Къанун цIунулезул баяназда рекъон, Сириялда хIукуматалъул аскаразда данде рагъулел дагъистаниязул къадар анлънусилъа борчIун буго.

XS
SM
MD
LG