БатIи-батIияб къуваталъул автомобилазда тIад лъолеб магъало цIикIкIинабулеб буго батIи-батIияб куцалъ. Масала, чодул 250 къуваталда бащадаб къуваталъул автомобилалда тIад Дагъистаналда лъолеб магъало бахунеб буго лъагIалида жаниб 30 азарго гъурщиде. Гьелъ рахIатхвезабурал депутатазул. Щайгурелъул гьел жалгоги гьединал автомобилазул бетIергьаби кколелъул. Халкъалда дандечIараб къанун кколин гьебилан абуна экономикаялъулгун территориалияб цебетIеялъул министр Раюдин Юсуповасда «Справедливая Россиялъул» Халкъияб Мажлисалда бугеб фракциялъул нухмалъулев МуртазагIали МуртазагIалиевас.
«Бугеб куцалда щай нужеца гьеб магъало толареб? Цо хасаб магъалодул къадарги цIикIкIинабун, нужее къваригIун бихьула республикаялда киналго магъалаби лъикI ракIарулел ругилан ххвел гьабизе. Гьадинги захIмат буго нилъер гIадамазе, нужецаги гьединаб гьир тIад лъечIони», - ян абуна МуртазагIалиевас.
«Лъица абураб дагъистаниял квешаб яшавалда ругилан? Документазда бихьизабухъе, моцIрое 15 азарго гъурущ гурони щолеб батичIони, гьалщинал Ланд-круизералги, Тойота-камриялги, Лексусалги кин росизе кIолеб? Цо чиясул хIисаб гьабун моцIрое щолеб хайиралъул рахъалъ Дагъистан Россиялда 28 абилеб бакIалда буго. МоцIрое щолел харжазул рахъалъ – бищун ахиралда руго», - ян жаваб кьуна министр Раюдин Юсуповас. Гьеб мехалда залалъусан цоясги тIаде жубана босулеб къайи-цIаялъул рахъалъ дагъистаниял Россиялда тIоцебесеб бакIалда ругилан.
Хадуб ирга щвана Дагъистан ункъиде бикьизе чанго къоялъ цебе гьабураб хIукмуялде. Гьедин рукIине руго Централияб, Шималияб, МугIрузул, Къилбаялъул округал. МагIарулал аслияб куцалда Шималиябги МугIрузулги округазда гъорлъе кколел руго.
Гьеб рикьиялъулъ кинабгIаги хIажалъи гьечIин абуна сессиялда коммунистазул депутат МухIамад МухIамадовас. 25 ноябралда гъулбасги лъун 28 ноябралда хъата-масан сессиялде гьоркьор лъезе рачIине бегьулароанила гьеб суалалда хурхарал документал. Депутатасда бичIчIулеб гьечIо кинал ихтияразул жал гьелали.
МухIамад МухIамадов: «Гьединго бичIчIулеб гьечIо сундуе гIоло гьел округал къваригIун ругелалиги. Гьелдаго цадахъ тIадеги хъулухъазде гIадамалги росун, цоги-цоги жалазе сурсаталги риччан, пачалихъалъул гIарацги хвезабизе ккола. Гьелдейищ нилъ регIун ругел школалги, ясли-ахалги, азарханабиги разе кколеб мехалда? Щибаб бакIалда бугеб хIакъикъияб ахIвал-хIал лъазе къваригIунин гьабулеб жо гьеб батани, жакъа къоялда бокьараб бакIалда интернет хIалтIула, техника цебетIун буго. Гьединлъидал киб щиб лъугьа-бахъунеб бугебали лъазе тIири захIмалъуларо. БакIалъул нухмалъулез хIалтIи кин гьабулебали тIад къазе гIунги тIокIги гIадамал хIукуматалдагун президентасулги администрациялдаги руго. ТIалаб гьабеха гьездаса гьеб. Гьезухъа гьеб бажарулеб батичIони, нахъеги ритIе. Гьединлъидал муниципалиябги республикаялъулги нухмалъиязда гьоркьор квекIенал гIуцIиялъулъ щибгIаги хIажалъи гьечIо».
Амма лъил кинал тIадкIалъаял ратаниги, гьел округал гIуцIизе хIукму президентас гьабураб жо бугин, гьединлъидал гьеб хIалтIи тIад къалел чагIазул, яги гьезда тIад харж гьабулеб суалалда тIасанкIалъай гурони, депутатазда бараб жо гьениб гьечIин бичIчIизабуна депутат МухIамадовасда Халкъияб Мажлисалъул спикер Хизри ШихсагIидовас ва вице-спикер Юрий Левицкияс.
БахIсал ккана депутатаздагун транспорталъул министр Ширухан ХIажимурадовасда гьоркьобги. Ахираб лъабго соналда жанир къачIазе ругел нухазул бицунеб букIана гьес. Гьеб мехалда депутатазул цо-цоязе рекIее гIолеб гьечIоан министрас рехсолеб хIалтIуда гъорлъе цо-цо бакIазда ругел нухал рачун ратичIолъи. Гьединго депутат НурмухIамад ГIалиевас («Сулахъэнергоялъул» генералияб директор) гьикъана «РусГидроялъул» бетIергьанлъиялда бугеб гендерил тоннелалъе гIарац республикаялъул бюджеталдасан щайин биччазе кколеб.
ПалхIасил, спикер Хизри ШихсагIидовас министрасе бадибчIвай гьабуна гьес мугъчIвай гьабулеб документ рагIа-ракьанде щун хIадурун гьечIилан.
Гьединго депутатаз гьоркьоб лъун букIана бечедал дагъистанияз магъалаби кьунгутIиялъул суалги. Масала, бертин гьабулеб бакI цо къоялъ ижараялъе кьун 150 азарго гъурущ щолел чагIаз республикаялъул бюджеталде цо кварталалъе кьолеб буго гIицIго 30 азарго гъурущ. Республикаяла сакъатлъи чIезабулел гIадамаздеги кIвар кьезе кколин абуна депутатаз. Дагьалъ цебе сакъатлъи чIезабун буго анцIазарго чиясе. Гьел кколел рагIула хIалтIизе бажарулеб ригьалъул чагIи. Херлъиялда бан сакъатлъарал гIадамазул абуни лъабазарго чи вугила. Гьениб рехсана сакъатлъи чIезабуралъухъ босулеб ришваталъул къадарги – 50-150 азарго гъурущ.