Ссылки для упрощенного доступа

ЦIар хъвазе лъараб гIолищ ясазе?


Каспийскалъул школалда.
Каспийскалъул школалда.

КIинусгоялда цIикIкIун лъимер къабул гьабизе бегьулеб щибго гIилла гьечIого школазде хьвадулел гьечIин Дагъистаналдаилан, лъазабулеб буго республикаялъул прокуратураялъ. Экспертазул пикрабазда рекъон, гьединал лъимазул къадар жеги цIикIкIараб буго.

Прокуратураялъ лъазабухъе, жакъа къоялда республикаялда школазде хьвадулеб гьечIо 460 лъимер, гьезда гьоркьоса унтун школалде унеб гьечIо 248 лъимер, хутIаразул дарсазде унгутIизе щибго гIилла гьечIо.

Лъимал школазде хьвадичIолъиялъе багьанаби батIи-батIиял ругин лъазабулеб буго прокуратураялъ. Мисалалъе, чIахIиял лъимал школазде ритIулел гьечIо, щай абуни гьел цIализе ритIун рукIун гьечIо тIоцересел классаздецин. Гьединго лъимал цIализе ритIулел гьечIо хъизаналъул рес гьечIолъи сабаблъун.

Амма гIемерисала лъимал школалде ургъунго риччалел гьечIо гьезул эбел-инсуца. Мисалалъе, Унсоколо мухъалда лъимал школалде риччаларезда хурхун рагьун руго административияб такъсир гьабиялъул кIиго иш. Гьел улбуз лъималазе школа гьукъун буго жидерго диниял бербалагьиял сабаблъун. Мухъалда бугеб лъайкьеялъул идараялде буюрухъ битIун буго прокуратураялъ лъимал школазде унел ругищали халкквеян.

Гъарабудахкент мухъалдаги прокуратураялда ратун руго диниял суалал сабаблъун лъимал школазде риччаларел хъизанал. Гьеб мухъалда административиб такъсир гьабиялъул анцIго иш рагьун буго прокуратураялъ.

Школазде риччаларел лъималазда гьоркьор гIемерисала ясал ратанин, абуна «Эркенлъиялъе» прокуратураялда. Руго гьезда гьоркьор диналъул суал сабаблъун школазде унарелги, росасе кьун хадур школа рехун таралги ясал.

Буйнакскалъул цо школаялдаса учитель Мадина ХIажиевалъ бицухъе, диниял хъизаназдаса лъимал школалде риччалел гьечIо, школалда кьолел дарсал сабаблъун. Гьезие рекIее гIолеб гьечIо биологиялда инсан кин ваккаравали бичIчIизабулеб теориялъул бицин.

Мадина ХIажиева: «ЧIахIиял классазде ине кколел риччаларо гIемерисала. Чанги хъизаналъул бетIер лъала дида жинца яс ичIабилеб класс лъугIун хаду, школале йиччазе гьечIин абулев. Росасе кьун школалде риччаларел ясалги гIемерал руго. Биологиялъул дарсал сабаблъун школазде лъимал риччаларелги рукIуна цо-цо. Дарвинил теория жидер лъималазе кIваричIин абулел чанги рихьана. Исана цо инсуца школалдаса жиндирго яс нахъе ячана гьелъ ункъабилеб класс лъугIизабун хадуб. Гьес абуна гьелда цIализе-хъвазе лъалин ва тIокIаб жо ясазе къваригIуларин гIумрудалъ».

Инсанасул ихтиярал цIунулей Гульнара Рустамовалъ жиндирго яс школалдаса нахъе ячун йиго. Гьелъие рекIее гIун гьечIо жиндир яс чияр васалгун цо классалда цIалулей йикIин. Рустамовалъ daptar.ru сайталъе бицаралда рекъон, ясалъе дарсал кьолел руго рокъор ва ичIабилеб класс лъугIиналъул документ босизе буго школалда аттестацияги кьун. Рустамовалъул рагIабазда рекъон, университеталъул лъай щвезе буго гьелъул ясалъе, гьей юристлъун яхъина. Амма бичIчIулеб гьечIо кинаб цIалул идараялда гьей юристлъун яхъине йигеяли – Россиялда жеги гьечIо васалги ясалги батIа-батIа цIализариялъул система бугел университетал.

Васалги ясалги батIа-батIа цIализариялъул рахъ кколел Дагъистаналда гIемер ратизе бегьула. Мисалалъе, МахIачхъалаялдаса ХIажимурад МухIамадовас рикIкIунеб буго балугълъиялде рахарал лъимал батIа-батIа цIализаризе кколин.

ХIажимурад МухIамадов: «ТIоцересел-кIиабилел классазда цIалулел гьел гьитIинал чагIи ругоха. БатIа-батIа цIализаризе ккола балугълъиялде рахарал. Мисалалъе, щуабилеб классалдаса байбихьун. Гурони, бихьиналги руччабиги аскIор ругел бакIалда, бихьиназул гьабулебщинаб жо руччабазде балагьун гьабулеблъун букIуна. Гьединго руччабазулги».

Кин-букIаниги, республикаялъул прокуратураялъ лъазабулеб буго школазде лъимал риччаларезе гIадлу гьабизе бугин. Гьезул тIадкъаязда рекъон, лъималазул ихтиярал цIунулел комиссияз хал гьабун буго Дагъистаналда ругел школазул ва дарсазде лъимал риччаларезда хурхун рагьун руго административияб 190 иш. Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерлъиялда тIадкъан буго хал гьабизе лъимал школазде хьвадулел ругищали.

XS
SM
MD
LG