РакIалде щвезабила, «Лазурный берег» рикIкIунаан МахIачхъалаялъул вукIарав мэр Саид Амировасул проектлъун. Гьесие бокьун букIана МахIачхъалаялда ва Каспийскалда гьоркьоб шагьар-спутник базе. Гьеб шагьаралъул багьаги гъурщил 150 миллиардалде бахана. «Лазурный берег» хъван букIана «Махачкалинское взморье» фирмаялда тIад. Проект тIубазе байбихьун букIана ва гьелда тIад хIалтIулел рукIана Китаялдаса специалистал ва гьез цадахъ рачарал хIалтIухъаби. Экономикадул чанги форумалдаги «Лазурный берегалъул» презентацияги гьабуна ва гьеб проекталъе лъикIаб къимат кьолеб букIана экспертаз.
Мисалалъе, 2011 соналда Дагъистаналъул экономикияб форумалда СКФОялда Россиялъул президентасул вакиллъун доб заманалда вукIарав Александр Хлопоние рекIее гIуна «Лазурный берег» ва гьес абуна гьединал проектал республикаялъе къваригIун ругилан. Гъоркьисала маялъул ахиралда МахIачхъалаялда ва Каспийскалда гьоркьоб гIемертIалаял минаби раялъул хIалтIаби байбихьана. Амма кIиго къоялдаса гьел хIалтIаби гьоркьоса къотIана - Амиров ккуна низам цIунулез.
Абизе ккола, жибго проекталда сверун чанги гъалмагъирги ккана. Мисалалъе, «Лазурный берег» базе кколеб букIараб бакIалда гIадатиял чагIазул минаби рукIана ва гьел чагIи минабаздаса компенсацияги кьун цогидал бакIазде гочинаризе ругилан лъазабунги букIана шагьаралъул администрациялъ. Амма лъицаниги мухIкан гьабулеб букIинчIо, кида кьезе бугеб гьезие гIарац ва Рембаза поселокалдаса кире ине кколел гIадамал. Гьелдалъун гьел чагIаз инкар гьабуна жидерго рукъзаздаса нахъе ине. Гьезие газги канлъиги къотIана мэриялъ ва гIадамал митингаздеги рахъулел рукIана. Ахир къад гьезул сихI къотIана низам цIунулез Амиров ккун хадуб. Гьебго мехалда «Лазурный берег» баялъул хIалтIибиги чIана ва жибго проекталда тIаса чанги суалги баккана. Гьелги: къануналда рекъон щварал документал ругищ проекталъул, гIадамазул ихтиярал хвезарулел ругищ гьелъ, ракьалъул масъалаби тIуран ругищ ва гь.ц.
Дагъистаналъул цере рукIарал хIукуматаз гьел суалазе букIине кколеб къиматищ кьечIеб яги гьезда гьел суалал рихьичIогойищ рукIарал, амма проект инвестициябазул аслиял проектазул портфелалде ана. Гьал къоязда Рамазан ГIабдулатIиповас гIуцIараб хIукумуталъ «Лазурный берег» нахъе рехана инвестпроектазул сияхIалдаса. ХIукуматалъул хасаб комиссиялъул данделъиялъул хIасилазда рекъон, проект сияхIалдаса бахъиялъе ратана формалияллъун рикIкIине бегьулел гIиллаби. Гьелги: проекталъул график-план тIубангутIи ва инвесторазаул рахъалдасан къотIи-къаялда сверун ратарал гъалатIал.
«Лазурный берегалда» сверун хIакимазул хIаял раккине рукIин бичIчIулеб букIана Амиров ккуралдаса хадуб. Мисалалъе, гъоркьисала июлалда «Кавказская политика» сайталъе кьураб интервьялда Абусупьян Хархаровас бичIчIизабуна «Лазурный берегалдехун» жиндир интересал рукIин. «Гьеб кутакалда лъикIаб проект буго, амма гьелда тIад хIалтIулел рукIана бажари гьечIел чагIи. Пачалихъалъулги бизнесалъулги ругел механизмалги хIалтIизарун гьеб проект тIубазе бегьула», - ян абуна Хархаровас.
Амиров ккуралдаса хадуб проект къазе бокьун букIинчIо. Гьаб соналъул байбихьуда «Махачкалинское взморье» фирмаялъги Дагъистаналъул хIукуматалъги инвестицияб меморандум гъулбасизе кколеб букIана. Гьелда рекъон, хIукуматалъ долларалъул миллиард кьезехъин букIана «Лазурный берегалъе». Амма къотIи-къай гьабичIо.
МухIамад Сулейманов МахIачхъалаялъул мэрлъун вахъаралдаса хадуб бичIчIана «Лазурный берег» къазе букIин. Гьес лъазабуна проект базехъин рукIарал ракьал къануналги хвезарун ричун ругин. Сулеймановасул рагIабазда рекъон, гьел ракьал ричун руго МахIачхъалаялда изну гьечIого гIемертIалаял минаби ралел фирмабазул хважаинзабазе. ГIабдулатIиповасги абуна, Амировасул гIагарлъияллъул чиясе бичун бугин 250 гектар ва гьел ракьазда «Лазурный берег» базехъин букIанин.
Политолог Константин Казенинил пикруялда рекъон, «Лазурный берегалъул» суал гьанже тIубараблъун рикIкIине бегьула - проект къана.
«Дида ккола, гьеб бакIалда сверун раккарал хIаязда гIахьаллъулеб буго чанги къукъа. Мисалалъе, ГIабдулатIиповас абун букIана тIоцебе гьениб спорткомплекс базе кколин. Октябралъул ахиралда гьес абуна Каспийскалдаги МахIачхъалаялдаги гьоркьоб парк гьабизе кколин. Метер гьес щиб абилеб нилъеда лъаларо, амма мухIканго лъала «Лазурный берег» документазда хутIана, гьеб базе гьечIо. Гьединго МахIачхъалаялъул мэр Сулеймановасулги рукIине бегьула хьулал гьел ракьаздехун. Довго Хархаровасул гьел хьулал рукIанин абизе бегьула. ТIадежоялъе ахирал моцIазда жаниб харбал раккана МахIачхъалаялъул мэрасул бакI щвезе бокьарал хIакималги ругин. Гьелдалъун дида ккола, жибго «Лазурный берег» проект къан батаниги дол ракьазул суал тIубан гьечIин. Дида ккола гьелда сверун ахIвал-хIал бигьаяб гьечIин».
Ахиралда тIаде жубала, республикаялъул прокуратураялъ цIех-рех байбихьана гьел ракьазда сверун. Къануналги хвезарун гьел ричун ратани, шагьаралъул балансалде тIадруссинариялъул суал баккине бегьула хадуб.