МахIачхъалаялда ва цоги шагьаразда гIемер дандчIвала исламиял тукаби, мажгитазул минараяздаса гIемер рагIула вагIзаби, дандчIвала инсан диналде ахIулел игIланал, къватI-къватIазд
ТIубанго цIикIкIун, мех-мехалда хъачIго гьабулеб ахIиялда дандечIей загьир гьабулеб буго цо-цояз. Фейсбукалда «Дагъистаналъул журналистал» абураб группаялда гьелда тIаса кIудияб бахIс унеб буго ва гIемерисез рахъ кколеб буго тIадчIун дагIват гьабиялъ исламалъе пайдаялдаса зарал цIикIун гьабулеб бугилан. МахIачхъалаялъул Ирчи Гъазахъил къотIноб бугеб базаралда хIалтIулей МухIамадова Хадижатица бицана «Ислам» журнал бичулел гIолохъаби цIакъ гIемер рачIунин тукаде, журнал босеян тIадчIолин амма жинца гьеб босуларин.
МухIамадова Хадижат: «Дида лъаларо гьез щиб дие бичулеб бугебали, бихьулеб буго гIадамаз жидеего бетIербахъи гьабулеб букIин. Гьездехун кинаб бугониги рокьукълъиги дир гьечIо, щайгурелъул дун гьезде балагьула мисалалъе, сигаретал ричулел, долго газетал ричулел чагIаздехун гIадин. Ахираб заманалда исламалда аскIор лъугьунел батIи-батIиял лъугьа-бахъиназд
Бокьун гьечIо дирго гIадалнах хIалтIизабун бажарулареб информациялъ цIезабизе, ялъуни мекъи ккун батIияб рикьиялда хадуй ине, гIемер ругелъул гьел гьанже батIи-батIиял. Дие бокьараб тIехьги босун, дицаго лъазабуни лъикI букIини ккола, гьез абуни тIамулел руго босизе. Дида лъалеб бакIалдаса гIебеде, исламалда гьединаб къагIида беццараб гьечIо. КIицIул абун чияс босулеб гьечIони, лъабабизе гьев гIенеккуларо ва тIубанго исламалда дандечIезе бегьула. Транспорталдаги кирениги унел ругони, машинаялде жанире раккула, босеян гьардола. Цо-цоял нечола босичIого тезе, жал диниял чагIи гьечIилан гIайиб чIваялдаса хIинкъула. Амма гIемерисез гьединаб къагIида рокьукъго дандчIвала, цохIо дица гуро. Рокьукъго дандчIвай гуребги, хIинкъула гьездаса щибниги босизе, гьезул бугеб тIадецуй бихьун».
Гьелдаго цадахъ, исламалда рекъон щивав бусурманчияс гIадамал диналде ахIизе ккола, мекълъаби гьарулел ругони ритIизаризе ккола ва дагIват гьоркьоб къотIизе бегьуларо абун бицунеб буго цо-цояз. Нефтекумск шагьаралъул имам Жарулаев МухIамадица «Эркенлъи» радиоялъе баян кьуна гьеб суалалда хурхун.
Жарулаев МухIамад: «ГIараб мацIалдаса буссинабуни, «дагIват» абураб рагIул магIна ккола «ахIи», ай исламалде гIадамал ахIи. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда хъвараб куцалъухъги, Аварагасул хIадисазда бугеб къагIидаялъухъги балагьани, дагIват гьабизе ккола щивав бусурманчияс ва гьеб гьабулеб къагIида буго. ГIадамал исламалде ахIизе ккола гьезда исламалъул берцинлъиги бихьизабун, ислам щиб жояли бичIчIизабун. ДагIват ккола щивав чияс жиндир рокъоб лъимералъе кьураб тарбия, ялъуни чиясе гьабураб лъикIлъи. КъотIновеги вахъун, хъачIаб мацIалъ кIалъан диналде инсан вачизе кIоларо, гьелъ тIадеги нахъе къала гIадамаз. Гьединал чагIазда аскIоса тIурула гIадамал. ТIоцебе щивав чияс байбихьизе ккола жиндасаго, жиндир мисалалдалъун бихьизабизе ккола исламалъул лъикIаб рахъ. Гьеле гьеб ккола унго-унгояб дагIват».
Психолог Меджидова Маринаца бицана гьабсагIаталда исламалда хурхарал суалаз гIадамазда гьоркьоб дагIба бижизабулеб бугин. Гьелъул пикруялда рекъон, киса-кибго диналъ бакI кколеб мехалда бокьараб бакIалда баккараб гIадатияб дагIба-рагIи динияб дандечIеялд сверула. «Инсанасда цIакъ хъинтIула гьес гьабулеб дин мекъаб бугилан абурабго, ялъуни гьесул иманалда щаклъулел ругони, гьединлъидал гIадамал кидаго чIезабизе буго жалго ритIарал рукIин»-, илан бицун букIана гьелъ цебеккун «Эркенлъи» радиоялъе кьураб баяналда.