Ссылки для упрощенного доступа

ГIорхъаби цIунулез ишаналде росун руго Главсулахъалъул гIадамал


МахIачхъалаялдаса гIемер рикIкIада гьечIеб Сулахъ росу бокьараб ччугIаги, гьелъул нигIматалги росизе бегьулеб бакI хIисабалда лъала гIадамазда. Лъабабго рахъалъ лъеца сверун ккураб бак1буго гьеб. ЧчугIихъанлъи гьезул аслияб пишаги буго, ралъдахъе ун ччугIа ккун, гьеб бичун гурони магIишат гьабизе тIокIаб рес бугеб бакIги гьечIо гьеб. Сулахъалда гIезегIан браконьерал рукIинги хIакъаб жо буго, гьелъие гIоло гIурхъаби цIунулезулгунги, полициялъулазулгунги дандеккунгутIиялги камуларо бак1алъул гIадамазул.

Амма гIемерисеб нухалда гьеб къануналъ гьукъараб къагIидаялъ ччугIа кколез низам цIунулелги аскариялги рекъезарулила, гьезие кьезе кколеб бихьизабураб хасаб бутIаги букIунилан абурал баянал щвана «Эркенлъи» радиоялъухъе. Гьеб кьезе кколеб жо заманалда гьезухъе щвезабич1они, яги гьеб дагьаб бугони гIадамазе гIемер проблемаби гьарулел руго гьез. Браконьеразухъаго гIадин гIиси-бикъинаб ччугIа ккун магIишаталда ругезда тIадги магъало лъезейилан лъугьунел руго гьел къуваталъул идарабазул вакилзаби.

Нагагь гьел рекъеч1еб жо ккани ччугIихъабазул гIисинал гуми, русби гъурун, гьезул моторал хвезарун, ралъдалъе рахъараб бакIалда ччугIихъабазде кьвагьдон гIадамазул кIанцIизе бакI тIагIинабун бугин гьезилан ахIи бан церегIан саназ чанги акциял тIоритIун рукIана сулахъалъулаз.

ГIагарал къояздаги гьединаб лъугьа- бахъин ккедал ццин бахъинабун буго гIадамазул. Ралъдада ччугIа кквезе къватIире рахъарал лъабго гьитIинаб гамиде кьвагьдон руго аскариял. Киналго гьел гумузул моторах хвезарун руго, гьелъул щибалъул багьа нусазарго гъурщиде бахунин абулеб буго ччугIихъабаз.

Гьел аскариял мехтун рукIанила, аскIор гIадамал ругин гьечIищали бихьулеб хIал букIинчIила гьезул, нагагьлъун гьез кьвагьараб гулла лъиданиги щун букIарабаниги жидедего гIайиб биччалароанилан абулеб буго сулахъалъулаз. ГьатIан къоялъ гьеб росдал жамагIаталъ протесталъулаб акция тIобитIана Сулахъалда.

Гьенире МахIачхъалаялъул нухмалъиги, Сулахъ гьоркьобе унеб Кировский мухъалъул бетIерлъиги ахIун букIана, аскариязул нухмалъулелги ахIун рукIун руго, амма гьезул чи вачIун гьечIо гьениве. Аслияб къагIидаялъ гIадамаз тIалаб гьабулеб букIана гIурхъи цIунулез жидецаго гIорхъолъа арар ишал гьаругейилан, ва жидее гьабураб зарал бецIейилан.

Щибниги ччугIаги жаниб гьечIеб, жиндир чIобогояб гамаялде кьвагьданин аскариял, жиндаго гьеб гулла щвезе дагьаб хутIанилан бицана гьеб данделъиялда ччугIихъан Мурзаев Асланица.

Мурзаев Аслан: «Дир гама чIчIезабизе хIал бихьана гьез, газги дагь гьабун гьеб чIчIезабулев дун вукIаго автоматалъ кьвагьи бахъинабуна гьез дир гамитIе. Нужеца гьабулеб жо щибин, гьукъарабали киб гурин, кквезе бегьулебгицин ччугIа гьечIин дир гьаниб, кьвагьдогейилан абизе дун гьезул гамиде аскIовегIан ине лъугьана.

Мун дагьалъги аскIове вачIани гьеб гIурхъаби цIунулезде тIадекIанцIи гьаби кколин абун дитIе автоматги битIизабун чIчIана гьел. ЧчугIихъанасе хIажатал киналго документалги ругин дихъ, дица къанунги хвезабулеб гьечIин абун дун гьезда документал рихьизе гьезда кинабго бичIчIизабизе лъугьун вукIана. Гьеб мехалда гьезул гьезул кIудияс цойгидал аскариязда абуна гьев гIемер гаргалев вугила гамил двигателалдеги кьвагьун гьеб тIокIаб багъарулареб хIал гьабейилан.

ГамитIаго дунги вукIана гьеб гулла дида щвезеги рес букIана. Гьединго дир гьудуласул чIобогояб гьитIинабго гамитIе кьвагьдон гьелъул моторалда жаниб анцIила кIиго гулла батана. Нуж щиб гьабулел чагIийин абун ниж лъугьараб мехалдаги, гьеб чIобогояб гама букIин лъачIила жидедайиланги абун тIаса бихьизабуна гьез кинабго».

Гьеб киналъулго бицине гIурхъаби цIунулезул цо гIаги вакил вачIине къваригIун букIанила жидее гьеб данделъиялде, гьедин гурони гьез жидехъ гIинтIамулеб гьечIони жидеца гьарун митингалгун тIамизабилила гIинилан гаргалел руго сулахъалъулал.

Гьез тIалаб гьабулеб буго жидер росу бакьулъ яги ралъдал рагIалда гьел аскарияз къанун хвезабураб, гIорхъолъа арал ишал гьарураб мехалда гьелъул бицун ахIизе бегьулеб гьезул нухмалъиялъул телефоналъул номералги ругеб игIлан ч1вайилан. Гьединаб жо ккараб мехалда гьелъул жавабиявлъун цо чи вукIине кколин гьел аскариязул, гьез гIадамазе гьабураб заралги бецIизе кколин абуна данделъиялда гIахьаллъарав МахIачхъалаялъул тIоцевесев мэрхисулев Ибрагьимов ГIабдулмуъминица.

Ибрагьимов ГIабдулмуъмин: «Ккани диваналде кьун гьеб нужее гьабураб зарал бецIулеб хIал гьабизе ккола, гьелъие гIайибиял тамихIалде цIцIазеги ккола. Дица МахIачхъалаялъул мэрасулгунги дандбала гьеб суал, нилъеца гIуцIизе ккола хасаб механизм. Ай нагагь гьел аскарияз кинаб букIаниги такъсир гьабулеб бугони, яги гьекъон-мехтун гъалмагъир гьабулеб бугони гIадамазе гьеб киналъулго хIакъалъулъ лъазабизе рес букIине ккола.

ВукIине виччан те цо пуланав генерал хас гьабун гьел суалал тIуралев. АхIизеги ахIун гьесда абила гьадинаб жо лъугьунеб буго гьаниб, дурго аскариязе гIадлу гьабизе вачIайин мун гьанивейилан. Гьединаб схема гIуцIичIони ва гьеб хIалтIизе лъугьинчIони иш цIакъ квешаб бакIалде бачIинехъин буго. Аскариязда лъазе биччан те шагьаралъул администрациялъги гьееб иш жиндирго бербалагьиялде гъорлъе бачине букIин».

ГIурхъаби цIунулез Сулахъалда лъугьа-бахъунелда хурхун жеги кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG