ТарихчагIаз ва искусство лъазабулез абулеб буго гьеб угьари чанго нус-нус соназ цебе баккун бугин Хайдакъалдайилан. Гьел угьарухъабаз хIалтIизарулел накъищаз дагьалдасан азарго сон бан бугилан бицана «Эркенллъи» радиоялъе цебехун бицен гьабураб гьеб экспозиция гIуцIаразул цояй ва гьеб хайдакъазул угьари цIигьабулезул кьерулъ йигей ХIасанова Зубайдатица.
ХIасанова Зубайдат: «ГIемерисел гьал гургинккарал накъищал руго бакъул сурат бихьизабулел. Гьел угьунел рукIун руго рокъоб канлъиги, хинлъиги букIинелъун. Нижер гьаб угьари Дагъистаналда Ислам тIибитIилалда цебего баккун буго. Гьединлъидал бакъуе, гьорое, тIабигIаталъе гIадамаз лагълъи гьабулеб заманалдаго ургъарал накъищалги руго.
Чан нус-нус сон аниги гьел хисун гьечIо, цо ккураб къагIидаялъ угьенги букIуна, цо ккурал накъищалги гьел угьунел куназул кьералги рукIуна. Щибаб накъищалъул жинди-жиндир магIнаги букIун буго. Масала, лъимер гьабураб мехалда гьеб цIунизелъун угьунеб букIун буго цо накъищ, ригьин гьабулеб мехалда бертаде хIадурулеб къайиялда угьунеб букIун буго батIияб накъищ.
Хъизаналда гьуинлъиги рокьиги букIиналъе гьеб цIунун хутIиялъе угьунел рукIун руго цойги батIиял. Нижеца угьарунагун щибаб рукIкIен бахъараб бакI щула гьабула. РукIкIенги I6 батIияб къагIидаялъ бахъула. Масала, цебе заманалда гьобол вачIараб мехалда гьесие лъикIлъи гьарун, рокъоб баракат букIинелъун цо кIудияб угьараб жоялъул гьеб рокъоб ахIвал-хIал лъикIлъиялъе угьараб накъищалъул кесек къунцIун кьолеб букIун буго. Гьеб къунцIаниги хутIараб угьараб сураталъе щибниги заралги кколаро».
Гьединго Зубайдатица бицана ХХ абилеб гIасруялъул байбихьудаго жидеца гьеб угьари реххун тун букIанилан ва жидер гIадамазда гьеб угьинего лъалеб букIинчIилан. Гьеб махщелчилъи цIигьабиялъе сабаблъун кканила 1980 абилел саназул ахиралда Хайдакъалде англиялдаса тарихчи ва искусстволъазабулев Роберт Ченснер абурав чи вачIин.
Гьесда умумузулго рукIарал гьел угьарал суратал рихьун руго, гьес кутакаб къиматги кьун буго гьел хIалтIабазе. Гьес ричун росун гIемер гьедин хайдакъазул къагIидаялъ угьарал сураталги ун руго. Англиялда Ченснерица кIудияб экспозицияги гьабун букIанин гьел угьарал суратазул, гьелдаса хадуб тIолабго Европаялдаго тIибитIанин жидер гьеб махщелчилъиялъул цIарилан бицана гьединго гьеб угьариялъул къагIида цIигьабулей йикIаразул цояй Монакова Жавгьаратица.
Жавгьарат Монакова: «Нижер гьаб махщелчилъилдехун Европаялда интерес букIин киназдаго лъалеб жо буго, бищун цебе гьел хIалтIабазул каталогги Евпропаялда Роберт Ченснерица бахъун букIана. Цо заманалъ тIубан тIагIун ун букIараб нижер гьаб угьариялда цIидасан рухIречIчIанин гьев ингилисасе гIолонилан абизе бегьула. Гьев Дагъистаналде вачIун хадуб ва гьес кутакаб къимат кьун хадуб нижер руччабаз байбихьана гьеб угьари цIигьабизе. Дида ракIалда буго дир эбелалъги гьелъул гьалмагъзабазги цо гьитIинабго гьеб угьараб жоялъул чIолоялдасан лъазабуна цIидасан гьебго къагIидаялъ угьаризе.
Дицаги яцалъги гьитIинаб мехалдасаго нахъе гьел угьариялъе хIалтIизарулел накъищазул квералъги фотоаппараталъги суратал рахъун толаан. Угьаризе нижерго махщел гIураб мехалда гьанже нижецаго угьуна гьел, гьедин нахъе цIунун хутIана гьеб махщелчилъи. Гьанже нижер хIалтIаби ричун росизе Излаилалдаса , Туркиялъа, Азербайджаналдасагицин гIадамал рачIуна. Гьанже гьеб халкъазда гьоркьосеб искусство лъугьунеб буго».
Гьел хайдакъазул руччабаз угьарал суратал Евпропаялда батIи-батIиял аукционазда ричизецин лъолел руго. Масала, чанго соналъ цебе Сотбис аукционалда кIинусго сон бараб хайдакъазул къагIидаялъ угьун гьабураб сурат чанго ацIгоазарго евроялде бичун ун буго.