Росиялъул бищунго некІсияб хъала буго улкаялъул бищунго жанубияб шагьар Дербенталда. Гьеб ккола тІолабго щулалъиязул система. Гьелъул къедал цо рахъалъан щолеб буго ралъдалъе. Цогидаб раххъалдаса - унеб буго мугІрузде. Дербенталъул хъала бан буго гІага-шагарго щуабилеб гІасруялда ираналъул сасанидаз. Амма сасанидазул заманалда цебеги гьениб букІун буго гІуцІараб щулалъи. Гьеб хъалаялъ Цебесеб Азия цІунулеб букІун буго шималияб рахъалъул гочардухъабаздаса. Дербенталъул хъала босун буго Дунялалъул хазинабазул ЮНЕСКОялъул сияхІалде. Нижер мухбир Зульфия ХIажиевалъ Нарин-хъалаялда рахъарал суратал.
Дербенталъул хъала

1
Нарин-хъалалялъул музеялде жанире лъугьунеб кIалту. Къедалдаги туристазда лъазабулеб буго гьеб ЮНЕСКОялъул тIолгодунялалъул ирсалъул сияхIалде босун букIиналъул хIакъалъулъ.

2
Нарин-хъалаялъул машрикъалъул рахъалъул каваби. Гьеб букун буго цебе хъалаялде жаниб аслияб нух. ЮНЕСКОялъул тIолгодунялалъул ирсалъул сияхIалде босун буго гьеб. (Нилъер эраялде щвелалде букIараб VII гIасру - нилъер эраялъул VI гIасру).

3
Нарин-хъалаляъул магърибалъул рахъалъул каваби.

4
Нарин-хъалаялъул кьед.

5
Хъалалялъул бутlа.

6
Нарин-хъалаялда бараб "къолден". Гьанир къадалъ лъурал батIи-батIиял ганчIаздасан бихьула гьеб батIи-батIияб заманалда бан букIин.

7
Шагьаралде тIаде балагьараб гьаб горсверуда байбихьула аслияб къагIидаялда Нарин-хъалаялде рачIарал гьалбал къабул гьаризе.

8
Дербент. Нарин-хъалаялъул кьед.

9
Дербент. Нарин-хъалаялъул кьед.

10
Нарин-хъалалъул азбаралъул бутlа

11
Нарин-хъалалъул азбаралъул бутlа

12
Зиндан - гIайиб ккарал гIадамал рехулел рукIараб гвенд. Цин гьениве рехарав чи киданиги къватIиве вахъулев вукIун гьечIо (16 - 17 гIасру).

13
Зиндан - гIайиб ккарал гIадамал рехулел рукIараб гвенд. Цин гьениве рехарав чи киданиги къватIиве вахъулев вукIун гьечIо (16 - 17 гIасру).

14
Хъалаялъул шималиябгун машрикъалъул рахъалда буго ункъбукІинаб лъин цІунулеб резервуар. Гьаб маххул хьури тун гІодобехун буго ганчІилъ бахъараб кІудияб бакІ. Гьениб лъин цІунулеб букІун буго, тушманас хъала сверун кквеялъул хІинкъи баккараб мехалда.

15
Дербент. Нарин-хъала. Ханасул хlамамал. (XVI - XVII гlасраби).