Чернобылалда атомалъулаб электростанциялда авария ккаралдаса 30 сон ана. Гьелда хурхун МахIачхъалаялда тIобитIана ракIалдещвеялъул митинг. БатIи-батIиял соназда авария ккараб бакIалда хIалтIулел рукIарал дагъистаниязул нусидаса цIикIкIарав чияс гIахьаллъи гьабуна гьеб тадбиралда. Гьединго гьенире рачIун рукIана гьезул лъималазул лъималги, лъалел-хъвалелги, гIага-божаралги. Гьенир суратал рахъана нижер мухбир Юсупов Ашаханица рахъарал суратаз.
МахIачхъалаялда ракIалде щвезабуна Чернобылалъул балагь

1
Авария ккараб бакIалда хварал ракIалде щвезаруна цо минуталъулаб сихIкъотIи лъазабун

2
Чернобылалъулал ракIалдещвезариялъе лъураб мемориалалда аскIоб митинг рагьулеб лахIзат

3
Чернобылалда щвараб радиациялдалъун къадаралде щваразул хIурматалда автоматалъ залп речIчIизабулеб лахIзат.

4
Чернобылалъул авариялъул зарал лъугIизабиялъе къеркьарав 2000 дагъистаниясда гьоркьоса I300 чиясе сахлъиялъе сакъатлъи ккана.

5
Мемориалалда цебе тIугьдул лъезе унеб лахIзат

6
Митинг бачунеб букIана Дагъистаналъул Чернобылалъулазул Цолъиялъул нухмалъулев СалихI ИсмагIиловаc.

7
«Дица дирго гIолохъанлъи доба тана». Чернобылалъул лъугьа-бахъиназул гIахьалчиясул пашманаб балагьи.

8
Къисмат цолъарал чернобылалъул гIахьалчагIаз цоцазе тIугьдул сайигъат гьарулел руго.

9
Митингалда церерахъана Дагъистаналдаса чернобылалъулазул лъималазул лъималги.

10
Чернобылалъул лъугьа-бахъиназда цохIо бихьиназ гуребги, руччабазги гьабуна гIахьаллъи.