ТIоцебе дзюдоялъе ругьун гьарулеб спортивияб къокъа данде гьабуна МахIачхъалаялда 1975 соналъ. Доб мехалъ улкаялда цо чанго шагьаралда гурони букIинчIо гьединаб бакI. Гьелъие кьучI лъуравги вукIана ЛъаратIа мухъалъул ЧIадаколоб росулъа гIолохъанав гугарухъан Совет Союзалъул чемпион Баркалаев ГIабдулхIажи.
Живго ГIабдулхIажицаги гьеб мехалъ байбихьана кIудиял къецазде ун гугаризе. Хадувккун гьев вахъана Европаялъул гIарцулав призер, дунялалда машгьураб Тбилисиялда тIобитIулеб турниралъул чемпион ва социалистическия
Живго ГIабдулхIажил рагIабазда рекъон, гьесда дзюдо лъана Гуржиялъ. Гьесул эбел-эмен гочун рукIана Гуржиялъ бугеб магIарулазул Тиви абураб росулъе. Гуржиязул «чидаоба» абураб гугари буго цIакъго дзюдоялда релълъараб, гьелъ кьучI лъуна ГIабдулхIажил дзюдоялъе, ва хадуб гьесул хIаракаталдалъун Дагъистаналдаго дзюдо цебетIезабиялъе. ГIабдулхIажица бицуна тIоцере гьеб гугариялде хьвадизе байбихьанин жиндаго лъалел, дора ЦIоралдаса рачIарал росуцоял, хадур цогидалги.
Баркалаев ГIабдулхIажи: «Дица тIоцере рачана гьеб дзюдоялъул группаялде дидаго цадахъ рукIарал Гуржиялъа магIарулал. Гъезда гуржи гугари лъалаан, гьединлъадал бигьа букIана дзюдо гьезда малъизе. Хадур дагь-дагьккун шагьаралдаса лъимал хьвадизе байбихьана дзюдоялде. Доб мехалда аслияб къагIидаялъ самбо букIана машгьураб спорт. РакIалда буго, Суракъат Асиятилов вукIана самбоялъул рахъалъ Совет Союзалъул чемпион. Амма хадуб гIемерисезда бичIчIана дзюдо Олимпиялъул хIаязда букIунеб спорт бугеблъи, гьединлъидал гьеб спорталде интерес бижана.
Раккана Совет Союзалъул чемпионал. ТIоцеве дун вахъун вукIана, хадур дица ругьун гьарурал гIолилал ана дунялалъул батIи-батIиял къецазде ва къо бахъанагIан лъикIал хIасилал рихьизаризе байбихьана. Дида цадахъ Гуржиялъа щварав Алхазов Асланбег вукIана спорталъул мастер ва дида цадахъ хIалтIулев чи. ТIоцебе захIмат букIана хIалтIи гьабизе. Кин бугониги хадуб дагьаб заманалда жаниб гIезегIан гIатIид гьабуна гьеб кинабго.
Дзюдо Дагъистаналда цебетIеялъе Баркалаев ГIабдулхIажица гьабураб кIудияб хIалтIул бицунеб буго киназдего гIагарун спортсменаз. Гьес кьучI лъураб ва лъеберго соналъ нухмалъи гьабураб «Спартак» абураб спортклубалда ругьун гьарулел руго машгьурал спортсменал. Гьезда гъорлъ – кIицIул Европаялъул чемпион МухIамадов Сиражудин, ушу-саньдаялъул рахъалъ щуцIул дунялалъул чемпион, живго цеве вукIарав дзюдоист Рамазан Рамазанов,
Параолимпиадаялд
Дагъистаналъул дзюдо рикIкIуна Россиялда бищунго цебетIураблъунги
Россиялъул регионазда жаниб Дагъистан бищунго цебетIураб дзюдо бугеб регион бугилан бицана дагьалъ цебе информалатазе Россиялъул тIасабищараб командаялъул бетIерав тренер Эцио Гамбацаги. «Бищунго дзюдо цебетIураб бакIлъун дица рикIкIуна Дагъистан ва Челябинск. ХIатта Челябинскиялда ругел спортсменалги гIемерисел Дагъистаналдаса рачIарал руго», - ян абулеб буго гьес Россиялъул дзюдоялъул федерациялъул официалияб сайталда. Гьеб киналъего кьучI лъуравлъун ккола Баркалаев ГIабдулхIажи абураб пикру загьир гьабуна киназдего гIагарун нижеца цIех-рех гьабурал спортсменаз.
Гугариялъул тайпабазда гьоркьоб Дагъистаналда кидаго машгьураб букIана эркенаб гугари. Амма дзюдо кватIун гурони лъачIо дагъистаниязда, дунялалда гьеб цIикIкIун машгьураб бугониги. Дагъистаналда дзюдоялъе кьучI лъуна ЛъаратIаса Баркалаев ГIабдулхIажица.