1916 соналда жиндирго гIарцухъ берцинаб мина бан, Темирхан-Шураялъул фабрикант ХIажиев Хизрица гIагараб шагьаралъе сайгьат гьабуна гьеб. Байбихьуда гьениб букIана гIурусазул офицеразул театр, хадуб - Авар театрги. 1970 соназда Буйнахъскалда кIиго нухалъ ракь багъарун, мина бихъизе дагIаб хутIана. ГIемерал соназда жаниб гьениб унеб букIана реконструкция. 1999 соналда Буйнахъскалда кьвагьи бахъун, гIемерал гIадамал чIвана. КIудияб зарал щвана театралъул минаялъеги. ЗахIматаб хIалтIи гьабун, дирекциялъ нахъойги къачIана гьеб къиматаб мина. Гьелъие нусго сон баялъул тадбирги тIобитIана гьениб гьалкъояз. Дагъистаналъул Цолъараб Пачалихъияб Музеялъул бетIер Дагирова Джамиляца нижее ритIарал суратал.
Дагъистаналъул тарихияб мина
Нусго сон тIубана Темирхан-Шураялда театралъул мина баралдаса

1
Темирхан-Шураялъул театр кколин Венаялда бугеб цо театралъул копия. Австриялдаса гьенире щвезарун рукIана бакIалги, статуялги цогидаб инвентарги.

2
Театралъул макет

3
Жиндир заманалда Темирхан-Шураялъул театралда концерт кьуна цlар арав кочlохъан Федор Шаляпиница. Гьединго шагьаралъул гьалбаллъун рукlана советиял кочlохъаналги. Гьезул цIарал гьадинаб къагIидаялда хъван буго музеялда.

4
Гьаб столалда тIад Россиялъул миллатазул нарком Иосиф Джугашвилица (Сталин) 1920 соналда гъулбас лъуна Дагъистаналъул автономиялъул декларациялда гъоркь.

5
Театр баялдаса 100 сон тIубаялъул тадбиралде ячIун йикIана Дагъистаналъул культураялъул министр Зарема Бутаева.

6
Шагьаралъул ва республикаялъул тарих бихьизабун буго некIсиял суратазда.

7
Байрамалъул концерт.

8
Буйнахъскалъул Культураялъул Централъул директор МикагIил Дугъричиловас министр Зарема Бутаевалъе (бакьулъ) ва "ТIоцебесеб галереялъул" директор Джамиля Дагировалъе экспонатал рихьизарулел руго.

9
Антикварияб мебель.

10
Экспозиция.

11
НекIсиял экспонатал

12

13
Миллияб ретIел

14
Квералъ хъвараб некIсияб тIехь.

15
Буйнахъскалъул мажлисалъул депутатаз шагьаралъул мэрасул тах бикьулаго, цоцазулгун рагъулеб мехалда, гIадатиял гIадамаз, интеллигенциялъ, студентаз гIамал гьабулеб буго шагьаралъул унго-унгояб чIухIи цIунизе.