Гьал къояз Дагъистаналда унеб буго КIиабилеб, республикаялъулаб промышленниябгун предпринимателазул форум. Гьелда бан республикаялда тIоритIулел руго батIи-батIияб данделъиял ва цереросиял. 29 марталда форум рагьиялъулъ гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас ва Шималияб Кавказулъ ишазул министр Лев Кузнецовас.
Дагъистаналъул Миллияб библиотекаялда, форумалъул гIорхъабалъ тIобитIараб данделъиялда, Дагъистаналъул предпринимателазулгун инвестициязул Агентлъиялъ гьоркьор лъун рукIана гьитIинаб бизнесалъе пачалихъияб кверчIвай гьабиялъул суалал, гьединго цебебоси гьабуна «ЦIияб Дагъистан» абураб брендалъул.
ГIисинаб бизнесалъе пачалихъияб кверчIвай гьабиялъул бицунаго, предпринимателазулгун инвестициязул рахъалъ Агентлъиялъул бетIер, Башир МухIамадовас бицана, жакъа къоялде республикаялда пачалихъияб кверчIвай щун бугин 1025 бизнесчиясе. Гьеб кколеб буго финансазулаб кумак, ай субсидиял. Гьединго Агентлъиялъул нухмалъулес баян гьабуна грантал рикьиялъул суалал мухIканго хал гьаризе ругилан.
Башир МухIамадов: «Грантал рикьиялъул система гъорлъан канлъи бихьулеб, бацIцIадаб къагIидаялде бачине ракIалда буго. КIиго моцI буго агентлъи хIалтIизе байбихьаралдаса, амма гьанжеялдего, цебеккун рикьун рукIарал грантал хIажатазе гуреб, цогидал мурадалда харж гьарун рукIиналда бан, цIех-рехалъул идараялъул чагIи рачIун рукIана гьел грантал росарал чагIи цIехон. БукIине гьечIо цониги, гьаваялда бараб проекталъе кьолеб грант. Ругел сурсатал харж гьабизе буго хIакъикъиял, гIумруялде рахъал проектазе квербакъи гьабиялъе».
2014 соналда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас тIадкъай кьун букIана тIалъиялъе Дагъистаналъул къватIибе биччалеб къайиялъе цIияб бренд бахъизе.
Данделъиялда цебебоси гьабуна гьеб «ЦIияб Дагъистан» абураб брендалъул. Гьелда тIаса «СевКавИнформ» абураб информсурсаталъул генералияв директор ХIажимурад МухIамадовас баян гьабуна, гьеб брендалда гъоркь цолъарал бизнесчагIазе рес щвезе бугин жидерго къайи Дагъистан тун къватIиб, Москваялда ва Россиялъул цогидал регионазда тIибитIизабизе.
ХIажимурад МухIамадов: «Дагъистаналда къатIибе биччалеб къайи улкаялъул даражаялда тIибитIизабиялъе ресал кIудиял руго. Амма жакъа, Москваялда босанани, цого цо «Рычал-Су» минералияб лъим ва Гъизляралъул коньяказул заводалъул къайи гурого букIунаро тукабазда Дагъистаналда биччалеб къайиялъул. Жибго республикаялда, тукабазде жанире лъугьун хал гьабунани, пихъил нигIматал ва гьелъул гьабулеб къайи букIуна цогидал регионаздаса ва къватIиса пачалихъаздаса бачIараб.
Гьебго заманалда, Дагъистан рикIкIуна ахазул ва пихъ гIемерал бакIазул цояблъун. Нилъер предприятияз биччалеб къайи цо рахъалъ улкаялъул цогидал регионазда тIибитIизабизе гIураб къадаралда букIунаро, цогидаб рахъалъ, гьеб лъаларо босулев чиясда.
Гьеб кIиябго гIунгутIи тIубала цо гIаммаб брендалда гъоркь предпринимателал данделъани. «ЦIияб Дагъистан» абураб брендалда гъоркь биччалебщинаб къайиялда букIине буго гьеб мугьру. Кинабго гьеб бугеб къайи ккола экологиялъул рахъалъ бацIцIадаб ва сахаб къайи. Гьелъ гьеб биччалел чагIазеги гьеб буго хIалбихьи.
Гьез биччалеб къайиялъул даража борхун кквезе ккезе буго, гурого гьеб брендалда гъоркь жидер къайи къватIибе биччаялдаса махIрумлъизе руго гьел. Гьекъолел пихъил сокал, мурапа, Дагъистаналда гьабураб хIан-нисо, гьеб кинабго ккола даруяб, бацIцIадаб къайи. Гьеб тIибитIизабиялъул масъала тIубала цIияб брендалъ».
ЦIияб бренд лъугьине бугин республикаялъул экономика цебе туркIизабулебин тIаде жубана ХIажимурад МухIамадовас.
Дагъистаналдаса экономистазул пикруялда жеги цудун буго къимат кьезе бугищ хIакъикъаталдаги гьеб экономикияб цебетIей лъугьине рес бугеб галилъунали. Цо-цоязул пикруяда, гьелъие квекIен гьабизе рес буго цо хасал предпринимателазе брендалдаса пайда босизе рес кьун, цогидал гьелдаса махIрум гьарун хутIиялъ.
Гьединго коррупциялъул элемент жубазеги рес бугила гьеб бренд цебетIезабиялда. Гьединлъидал, кинабго бараб бугила Дагъистаналъул тIалъиялъ кигIаналъ бацIцIадго брендалда гъоркь бизнесчагIи ракIаризе ругелин абураб суалалда.