Ссылки для упрощенного доступа

"Экс-патриотасда" тIад цIидасан рагьун буго такъсир гьабиялъул иш


Эдуард Хидировасда тIад банказул системаялда хIилла-рекIкI гьабиялда бан такъсир гьабиялъул иш цIидахъан рагьун буго.

Гьал къоязда Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналъ чIезабуна сиясатчи Эдуард Хидирвовасда тIад, гьес банказул системаялда хIилла-рекIкI гьабиялда шаклъи ккун рагьун букIараб такъсир гьабиялъул иш къазе кколин ва цебехун диваналъ къотIун букIараб хIукмумекъаб бугилан. Гьеб хIукмуялда разигьечIого гьелда тIасан гIарз хъван букIана тIадегIанаб диваналде республикаялъул прокуратураялъ. Хидировас лъазабулеб буго жинда тIад такъсир гьабиялъул ишал рагьиги, гьелда сверун гьабулеб ахIи-хIурги жив вокьуларез, жиндие квешезего гьабулеб бугилан.

«Патриоты России» партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Эдуард Хидировас банказул системаялда хIилла-рекIкI гьабиялда щаклъи ккун гьесда тIад гьабун букIараб такъсиргьабиялъул иш цIидахъан рагьизе кколин абураб хIукму къотIана гьал къоязда Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъ. Исана августалда Хидировасда тIад рагьун букIараб гьеб такъсиргьабиялъул иш мекъи ккун гьабун бугин, гьеб къазе кколин абураб хIукму къотIун букIана декабралъул байбихьуда гьебго ТIадегIанаб диваналъ. Гьеб мехалдаго Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ ва республикаялъул прокуратураялъ лъазабун букIана жал гьеб хIукмуялда разиял гьечIилан.

Гьев сиясатчияс хIилла-рекIкI гьабун гIемераб гIарац бикъиялда бан, рагьун букIараб такъсиргьабиялъул ишги къазеяли киб гурин, дагьабги цIакъ гъорлъе лъугьун цIех-рех гьабизе кколин гьелъулилан. Гьедин гIарзалги хъван рукIана гьел къуваталъул идарабаз диваналде. 23 декабралда республикаялъул ТIадегIанаб диваналъ гьеб цебехун бицен гьабураб прокуратураялъул гIарзалъул халгьабиги тIобитIун, гьелъул рахъ ккун буго. Гьединго гьеб иш мекъийищ битIунищ рагьун бугебали чIезабизе кассациялъулаб диваналде кьун буго. Гьениб кида гьелъул халгьаби букIунебали жеги лъалеб гьечIо.

Живго халкъияб мажлисалъул депутат Эдуард Хидиров жинда тIад гьел такъсиргьабиялъул ишал рагьиялда разияв гьечIо. Гьес «Черновик» газеталъе телефоналдасан кьураб интервьюялда абулеб буго ургъунго жиндир сиясатияб къуват гIодобе ккезабизе, жиндие квешезе жив вокьуларез гьабуразул заказалда рекъон рагьарал ишал ругин гьелилан. Гьединазда гьоркьов Хидировас рехсолев вуго москваялда вугев бизнесмен Низами ГIабдулхIамидов. Хидировас рейдеразулаб къагIидалъ бахъанин абулеб букIараб «Нафта-банк»алъул аслиял акциял кодо ругезул цоявлъун вукIун вуго гьев. Сиясатчияс лъазабулеб буго гьеб банкалъулгун жиндир кинаб букIаниги хурхенгицин букIинчIилан, жив гьелъул ишазде гьоркьовеги къачIилан. Амма гьедин абуниги интервьюялда гьес цIакъ мухIканго бицунеб буго банк хIалтIулеб букIараб куцалъулги, гьениб кисан кибе гIарац арабалиги, нухмалъиялда кинал хис-басиял ккаралалиги.

ЦIех-рехчагIаз гьеб «Нафта-банк»алда лъураб гIадамазул гIарацги, гьеб къан хадуб рецIалие кьезе кколеб ва чи-чияда тIад хъван букIараб кредитазулаб гIарац, гIаммаб къагIидаялъ 500 гIан миллион гъурущ Хидировас бикъун букIиналда щаклъи бугин лъазабулеб буго. Гьединго Хидировас гьеб жинда сверун ахIи-хIур бахъинаби ургъунго гьабураб иш букIиналъе мисаллъун рачунел руго журналистал. Жеги щиб ккелебали лъалареб гьеб такъсиргьабиялъул иш рагьунин абун гьеб тIубараб дунялалдаго тIибитIизабунила гьез, жинда гурониги чанги кутакал чагIазда тIад рагьулила гьел ишал, амма гьелде гьедигIан кIвар буссинабичIин. ТIадеялъул рукIине ругел Халкъияб мажлисалъул депутатазул ва Пачалихъияб думаялъул депутатазул рищиязда хурхинабулеб буго гьеб иш Эдуард Хидировас. БитIун рищиязда цебе гьеб ахIи-хIурги бахъинабун гIадамазда жал квешаб рахъалъ рихьизариялъе гьеб иш гьабун букIиналда ракIчIун буго сиясатчиясул.

Журналистал гьеб Хидировасул ишалде кIвар буссинабизе ургъунго тIамун рукIиналда щаклъи гьечIо Дербенталдаса жамгIияв хIаракатчи ва адвокат Сардаров Сардарилги. «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда гьес лъазабуна гьеб Хидировасул ишалда сверун бахъараб ахIи-хIуралъ республикаялда 13 сентябралда муниципалиял рищиял тIоритIулелъул жанубияб Дагъистаналда «Патриоты России» партиялъул вакилзабазе щолел гьаркьал гIезегIан дагьлъанилан.

Сардаров Сардар: «Интернеталда ва батIи-батIиял информалатазда хъвалеб бугебщиналъги бихьизабулеб буго хас гьабун Хидировасде данде хIалтIулел чагIи рукIин. ГIезегIан гIарацги, бажариги, тIалъиги кодоб бугел чагIи руго гьел, гурони гьедин цIакъ гьеб ишалда сверун ахIи бахъинабизе кIолароан. Бищун квеш ккараб жо буго диваналда ва цIех-рехалда гьеб бихьунгутIи. Дир ракIчIола гьездеги тIадецуй гьабулеб букIиналда. Щай гурелъул, масала, Хидировасда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьун буго 2011 соналдаго гьесда тIасан гIарзахинев вукIарав цо чияс бицарабги кьочIое босун.

Гьеб мехалдаго Хидировас диваналдеги кьун гьев чияс гьереси бицунеб букIин ва гьев бугьданчи вукIин чIезабун букIана. Гьанжеги гьев чиги гьес бицарабги цебе бахъиялъго бихьулеб буго Эдуардида данде хIалтIулез багъаризабун букIин гьеб иш. Хасго гьанже рищиязда цебеги. Хидировасде гьебщинаб чороклъиги тIаде тIун гьесул хIакъалъулъ халкъалъул квешаб пикру бижизабулеб буго гьез».

Гьевго сиясатчиясда тIад гьес такъсирияб къокъа гIуцIиялъул шаклъи букIун рагьун букIараб такъсиргьабиялъул ишалъул цIех-рехги халат бахъунеб буго. Гьелъул хIасилазул хIакъалъулъ жеги баянал кьолел гьечIо хасал идарабазул вакилзабаз.

XS
SM
MD
LG