Ссылки для упрощенного доступа

«Неудобно» букIун Хизри унаро…


Гьаб рубрикаялда нижеца кьолеб буго авторасул хасаб пикру. Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

Иргадулаб макъала «Эркенлъи» радиоялъул «Хасаб пикруялъе» дица хIадурлъулаго Прагаялдаса ИсхIакъова Умаца тохлъукьего кьураб суалалъ дир «хасаб пикруги» хIисабалде босараб темаги хисизабуна тIубанго. Гьелъ гьикъана: «Хизри (ШихсагIидов) нахъе унев ватилаха. Офицалияб къагIидаялъ тасдикъ гьабураб иформация гьечIоха жеги, инев ватила гьев» - ин абуна Умаца. Алъухъе Москваялдаса, ялъуни республикаялъул нухмалъудаса щварал мухIканал баянал ратилин ккун гьикъаризе лъугьана дун. Умаца абуна: «Щибги абун гьев спикерлъи гьабизе вахъинев гьанже, неудобно букIунарищ гIадамазда цебе?..» Гьеле гьеб «неудобно букIунарищ?» абураб бакIалда лъалхъизе бокьилаан дие.

Гьеб пикру ва дунял бичIчIи буго СССР биххилелде школаги лъугIарай, тIубанго рухIиял идеалазул ва цересел, советияб заманаялъул тарбиялъ, адабияталъ, тIахьаца нилъее кьурал мисалал тIагIинелде улка тун къватIие арай гIадамалъул. Гьелда лъалеб гьечIоан Хизри Исаевичасе васас гIарац бикъанинги, гьесухъ ярагъ батанинги, наркотикал ккуниланги «неудобно» букIунареблъи. «Неудобно» букIина Хизрие вас «ботаник» вугони, бандит вугони букIинаро, гьелъул гIаксалда рецц букIина. Гьеб «неудобноялъ» кIалдиб рухI букIаго жиндиего бокьухъе гьес хъулухъ кьолареблъиги.

Кьезабун, вертолеталъул цогидал гьужумаз маххул хьуриялде нахъе ккеялдаса хIинкъун гурони. Умал цIакъго лъикIаб бербалагьи бихьула нилъеразул рахъалъ. Гьелда лъалеб гьечIо, гьаниб гIадамалги чIван, гIарацги бикъун, гьабизе нахъе къадарлъиги течIого хъулухъалда рукIине «неудобно» букIунареблъи. «Неудобно» букIуна гьаниб, Хизри гIадав чиясе, хъулухъ нахъе, хасго чияхъе, жиндир вас, вац, дурцниги гурев батIияв чиясухъе кьезе. Гьеб буго тамахлъиялъул, яги хIинкъиялъул гIаламат – гIадамаздаса нечон хъулухъалдаса ин.

Гьанир кьвараралги кьураралги ссиялда рукIуна халкъалъул пикруги, гьезул рагIиги, цо-цо мехалда жибго халкъги мерхьун (Щурагьиса бачIунеб нухда джипалъ мерхьарал киниги) хъулухъ ккунани. Гьелда абула аз хьвадизе ва хIалтIизе лъай абун. Гьелъухъ балагьун кьола къиматги, гьелдаса борцуна рейтингги. Гьел хIисабаца уна тахбакIаздеги. Гьединаб буго жакъагицин Дагъистаналда хIакъикъат. 2003 абилел соналъ автоавариялда цо хъизан гъурун хадув «гIадамазда цебе неудобно» бугин Хизри нахъе ун вукIаравани, 2013 абилеб соналъ гьев спикерлъунцин толароан. «Слабый чи» вукIун вугин, цониги «хъизан гъурарав» цогидав телаан тахбакIида.

Ахираб къого соналда жаниб цIогьахъегун ришватчагIахъе тIалъи щун хадуб гьез тIубан гIаламалъулго психология хисизабуна. Гьез бикъараб гIарацги, чIварал гIадамалги дагьаб зарал буго гьез хвезабураб гIелалде данде. Цо кьерги хисун, тIубанго бутIрузулъ хIуриятги гьабун гурони гIадамал рацIцIалъизе гьечIо гьанир. Гьаб сагIаталда федералияб центарлъ глобалиял проблемаби ва кризисал улкаялда цере рачIарабго Дагъистан хасал кIудияб гIарцул сурсат ва гIорцIизаризе кIоларел амбициязул церехъабаздаса бацIцIад гьабулеб буго. Гьеб компаниялъул цо рахсил кIиликI вуго ШихсагIидовги.

Нахъе ине ватила гьев хъулухъалдаса, гьелъие гьабураб жо буго вас жанив тIамиги, живго спикерасухъ чIухь байги. Халимбекаулалда босараб садик ва 14 миллион гъурущ гIарац буго гьез чвантил харжиецин хIалареб гIарац, гьеб сабаблъун бугеб рагъа-рачари гуро гьеб. ХIасил калам, Хизри хъулухъалдаса ине вуго гIадамазда цебе «неудобно» букIун гурев, туснахъалъуса рокъоб «удобно» букIун, батIияб гIиллаялъ киданиги унаро.

XS
SM
MD
LG