Москваялда исана Рамазан моцIалъ 200 гIан кавказалъулав ккун вугин низам цIунулезин абурал баянал кьолел руго бусурбабазул ихтиярал цIунулел жамгIиял идарабаз. Аслияб къагIидаялъ полициялъулал рачIунел руго тахшагьаралда кIалбиччазе бусурбаби данделъулел кваналел бакIазде. Хасал тадбирл тIоритIизе рес кьолел яги гьел тIоритIиялъе гIилла рехсараб цохIониги документги бихьизабулел гьечIо гьез, гьел ишазд хурхун гIадамазе кинаб букIаниги баянги кьолеб гьечIо гьез.
Гьез ккун рукIаразда гьоркьор гIемерисел руго чачанал, руго гьединго гъабардиялги дагъистаниялги.
Гьезда гьоркьов вукIарав дагъистанияв ГIалиев Шамилица «Эркенлъи» радиоялъе бицана полициялъ гьел тадбирал тIоритIулаго гIадамазул ихтиярал хвезарулел рукIарал куцалъул.
ГIалиев Шамиль: «БитIун гIадамал кIал биччазехъин ругел мехалда кIанцIун рачIана жанире низам цIунулел. Кверал столалда тIад лъейин абун ахIдезе лъугьана гьел киназдего. Щивниги вагъаризеги виччалев вукIинчIо, гьезул гIемерисез ярагъги букIана къватIибе бахъун. Гьедин иргадал тIаде рахъинарун, чунтузухъ бугебщинаб жо къватIибе бахъизе тIамулеб букIана. Документазул хал гьабуна, Москваялда хъвай-хъвагIай гьечIезухъа битIахъе суравго босулеб букIана гьеб бакIалдаго. Гьанир щиб гьабулел чагIийила, сундуе гIоло Москваялде рачIун ругелин абун тIаделъун рукIана гьезде. Гьединго видеокамераялда цереги чIезарун щивав чи тIамуна жинда цIар бицине, жив киса ва кив гIумру гьабун вугевали. Гьелдаса хадуб килщазул лъалкIазул сураталги рахъана киназулго. Документал кодор ратичIел полициялъул бутIаялдеги рачун рукIана гьенир киналалиго базабазда ругищ гьезул баяналила бихьизе».
Шамилица бицухъе гьел щал базаби, щай гьел гIадамазда хурхун хасал тадбирал тIоритIулелалиги лъицаниги баян гьабун гьечIо гьезие. Гьедин низам цIунулез хал-шал гьабун бахъинегIан гьел ккурал чагIи полициялъул бутIаялда хутIун руго рогьинегIан. Лъиениги ресги кьун гьечIо адвокат ахIизеги. ЖамагIатчагIаз адвокатал гьеб полициялъул бутIаялде рачараб мехалда гьезиеги хIалтIизе рес кьун гьечIо гьез.
ЧанцIулго такрарлъарал полициялъул гьел рейдазда бусурбабазул сабру бергьун букIинчIебани кIудияб тунка-гIусиялде буссунаанин кинабгойилан бицана гьевго Шамилица.
Шамиль ГIалиев: «Полициялъ ургъунго гIадамал данде разелъун, гьезул ццин бахъине жал гьарулел рукIана. Хъубал рагIаби абун, гьел инжит гьаризе лъугьун рукIана. Цо-цоязда кьабизецин кьабана гьез, амма лъицаниги данде жо абичIо. Киназдаго бичIчIулеб
букIана гьеб ургъунго гьабулеб жо букIин. Гьезие къваригIун букIана ниж данде разе, нижеца гъалмагъир гьабизе. Гьедин бусурбаби хасго кавказалъулал жанир тIамизеги гьезие гIазаб кьезеги багьана щвелаан гьезие. Гьанже москваялъул полицияги МахIачхъалаялъулазул къагIидаялъ хIалтIизе лъугьун буго».
Интернеталдаса тIибитIизабун гурони официалияб цониги информалаталъ гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ бицинчIин, бусурбабаздаги кавказалъулаздаги гуреб батIиял чагIазда хъвараб жо гьеб букIарабани некIого ахIи бахъинабилаанин журналистазин абуна «Экренлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Москваялда вугев чачаназун жамагIатчи ХIамзатов ХIамзат.
ГIали ХIамзатов: «Жакъа информалатал бусурбабазде данде хIалтIулел руго. ТIокIаб кинаб къимат гьезул хIалтIуе кьелебали лъаларо дида. ЦохIониги пачалихъалъул газеталъ яги телеканалалъ гьаб бусурбабазе хирияб моцIалъ гьезие кьолеб бугеб гIакъубаялъул, гьел инжит гьарулел ругеб куцалъул бицинчIо. 50 чачанав ккурав мехалда Грозныялъул цо каналъ гьитIинабго баян кьуна гьелъул хIакъалъулъ. Лъиданиги рачIел интернет информагетлъияз ва социалиял сайтаздасан гьел низам цIунулезул ишазул бицун хъвараб мехалда нужеца гIадамал цоцаде гьусулел ругила, гьереси баянал кьолел ругин абун тIаделъана гьездеги. Цоцае кумек гьабизе ккола жакъа бусурбабаз. Сундухъниги балагьичIого цадахъ рекъон нилъерго ихтиярал цIунизе ккола жакъа бусурбабаз. Бихьизабизе ккола нилъер цо-кIиго чи гурев вугев, нилъ цадахъ рекъон рукIин».
Гьединго ХIамзатовас бицана Москваялда ругел бусурбабазул ва кавказалъулазул ихтиярал цIунулел жамгIиял идарабаз, гьеб цебехун рехсарал полициялъулазул гIорхъолъа арал ишал лъугIизе тейин тIалаб гьабун кагътал хъван руго Россиялъул жанисел ишазул министрасухъе ва президентасда цебе гIуцIараб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялдеги.