Ссылки для упрощенного доступа

Франциялда бортун буго Airbus A320


Франциялъул жанубиябгун машрикъалъул рахъалда Альпазда аскIобехун бортун буго Germanwings компаниялъул пассажирал раччулеб Airbus A320. Цебеккунисеб лъазабиялда рекъон, хун вуго I44 пассажир ва экипажалъул анлъго чи. Аэроплан унеб букIун буго Барселонаялдаса Дюссельдорфалде.

«Франс-Пресс» агентлъиялъ, улкаялъул Жанисел ишазул министерлъиялда базабун, лъазабулеб буго, аэропланалъул хутIелал ратанин. Щивниги чIаго хутIиялъул хьулал гьечIин.

Бортараб аэропланалъе букIун буго 24 сон.

XS
SM
MD
LG