Россиялъул президент Владимир Путиница тIоцебесеб декабралда Анкараялде бухьараб сапаралъул мурад букIана жиндирго коллега Ражаб Эрдогъангун къватIисеб политикаялда ва энергиялда хурхарал суалал дандрай ва 100 млрд. долларалда бащадаб дармил къотIи къабул гьаби.
Абизе ккола къватIисеб политикаялда хурхун гьев кIиявго лидерасул пикраби цоцазде данде кколарел бакIалги ругин, хасго Сириялъул ва Украиналъул суалазда хурхун.
Сириялъул лидер Башар Асадил рахъ ккуразул цого-цо чи вугин абизе бегьула Путин. Крым Россиялде гъорлъе бачун хадуб гьенир гIумру гьабулел татаразул къисматалда хурхун жиндирго бугеб гIагалиялъул лъазабулеб букIана Эрдогъаница.
Амма 62 сон бугев Путинил ва 60 сон бугев Эрдогъанил гIаммал бакIал гIемерал руго ратIалъияздаса.
Гьел кIиялго гIуна мискIинал хъизабазда ва кIиязего бокьула спорт. Путин гIуна доб заманаялда Ленинградалъул коммуналияб рокъов ва, гьес жинцаго абухъе, минаялъул болъабаздаса кIодогIункIкIал хъамулаго.
Путин машгъуллъун вукIана цин самбоялде хадуб дзюдоялде ва гьес бичIчIан букIана «РачIа Владимир Путингун дзюдо лъазабизе» абураб видеоги.
Эрдогъан кIудияв гIуна Стамбулалъул Касимпаша абулеб авалалда. Гьес бичулаан лимонад ва цоги гIиси-бикъинаб жо. Цо-цо баяназда рекъон, Эрдогъан жакъаги рас къунцIизе вачIунев вуго Касимпаша авалалде. Гьев 13 соналъ хIалев вукIана жидерго авалалъул футболияб командаялда ва дагьаб цебегIан гьесул президентасул кампаниялъул гIурхъабалъ хIалеб букIараб гьудуллъиялъул матчалда гьес лъабго голцин кьабула.
Гьел кIиязулго къватIисеб политикаялда халлъизе бегьула «КIудияб нациялъул» риторика ва Магъриб какиялъул гIаламатал.
Гьел кIиязго хисизабуна улкабазул конституцияби тIалъиялдаса жалго нахъе инаредухъ.
ХIакъикъаталда улкаялъе бетIерлъи Путиница гьабулеб буго 15 соналъ, Эрдогъаница -11 соналъ.
Эрдогъаница бетIерлъи гьабулеб «РитIухълъиялъул ва цебетIеялъул партиялъ» хIаракат бахъулеб буго динияб гуреб пачалихъ Туркиялда исламияб нухмалъи тIибитIизабизе. Гьес гьединго загьир гьабулеб буго Евроцолъиялде лъугьиналдаса Пекиналдехун ва Москваялъ бетIерлъи гьабулеб РекъонхIалтIиялъул рахъалъ Шанхаялъул идараялдехун нух босизе бугеб хIадурлъиялъул.
НАТОялъул агрессиялдаса цIунизейинги абун Украиналда Россиялъул интересал рилъанхъизарулев Путиница магърибалда гьабулеб буго цIидасан «маххул пардав» биччалеб букIиналъул гIайиб.
Гьел кIиязго жидер улкабазда цIикIкIунисеб халкъалъул дин хIалтIизабуна улкабазда жидерго асар цIикIкIинабизелъун.
Гьел кIиязулго руго кIалгIаял. КIудияб кIвар буссун букIана Анкараялда Эрдогъаница бараб 1000 рукъ жаниб бугеб кIалгIаялде. Гьелъул багьа бахунеб буго 615 млн. долларалда. Эрдогъанил рахъ кколез абулеб буго гьеб кIалгIаялъ бихьизабулеб бугин улка цебе тIолеб бугеб куцин.
Эрдогъанилалде дандеккун «Путинил КIалгIа» абун лъалеб кIалгIа бан буго ЧIегIер ралъдал рагIалда Санкт-Петербургалда бугеб «Хасалил КIалгIаялда» релъинабун ва гьеб Путинил бугин абун чIезабулел хIажаби кирго загьиргьарун гьечIо. Гьеб сверун чIчIун буго берцинаб гIурчIчIинлъи, гьенир руго бассейнал ва казино. Руго гьенир тирелоял чIезе чанго бакIги. Барокко стилалда рекъезабун Италиялдаса архитектор Лафранко Кириллоца бараб ва жиндир багьа цо млрд. долларалде бахунеб гьеб кIалгIагун Путил кинаб букIаниги гьоркьоблъи бугин абураб Кремлалъ нахъ чIвалеб буго, амма рехсарав архитекторасе исана августалда кьун букIана Россиялъул ватIанлъи.
Эрдогъаницаги Путиницаги къварун кьезарула гьезул нухмалъиялде данде гьарулел кинал рукIаниги акциял. Россиялда гьел рукIана 2011-12 соназда Путин лъабабилеб болжалалъги президентлъиялде вищанин рихьизарурал рищияздаса хадуб. Гьел акциязул цояб Болотное майданалъул иш жеги лъугIун гьечIо. Гьезул 400 чи ккун вукIана полициялъ, анцIгоялдаса цIикIкIун чи жегиги туснахъазда вуго.
Туркиялда протесталъул акциял рукIана 2013-14 соназда. Гьел байбихьун рукIана Стамбулалда Гези абулеб ах хвезабизе теларин абун. ТIолабго улкаялда гьарулел рукIана цIикIкIунеб бугеб Эрдогъанил авторитаризмалде ва динияб тIадецуялде данде акциял. Полициялъ гьел хъамулел рукIана магIу бачIинабулеб газ биччан ва лъим речIчIизабун. ЧIван вукIана 20-гIан чи ва 5500 чиясда тIад рагьун буго такъсир гьабиялъул иш.
Гьел кIиязго жиде-жидер улкабазда къезабуна политикияб оппозиция ва гьанже Путин хIадурулев вуго ункъабилеб болжалалъги президентлъун вахъине. Эрдогъан абуни августалда вищун вукIана Туркиялъул тIоцевесев президентлъун.
Дагьаб цебегIан Эрдогъаница гьабуна бихьиналги руччабиги цоцазда бащадал гьечIин гьел гьединал рижун гьечIин абураб магIнаялъул лъазаби. Исламалда рекъон, руччабазда рекъараб бугин лъимал гIезарийинги абун букIана гьес. Путинги халлъун вукIана руччабаздехун рагIаби рехулев. Масала Америкаялъул йикIарай Пачалихъияй секретарь Гьилари Клинтоница гьесул ишал Гитлерилазда релъарал ругин абураб мехалда «руччабигун къацандичIого лъикIаб букIунин» абун букIана Путиница. Жиндирго йикIарай лъадиялда банги гьес абун букIана: «Людмилада аскIоб кIиго анкь базе кIварав чиясе монумент лъезе ккола»,-ян.