Унсоколо мухъалдаса нахъе ана гьаб анкьалда гьениб тIобитIараб хасаб операциялъул къуватал. Амма гьенир гьанжеги хутIулел рагIула блок-постал. Официалияб лъазабиялда рекъон, къватияб операциялъул хIасилалда хвана Майданское росулъа экстремисталлъун рикIкIарав 7 чи ва цо ОМОНалъулав. Гьебго росулъ низам цIунулезул къуватазул хIалтIухъабаз кьвагьизабуна 7 мина ва мадрас. Гьениса рачIарал суратазда рихьизарун руго гьадамазул рукъзабазул чIватIелал.
Майданское: 7 чи чIвана, 7 мина биххизабуна
1
Унсоколо мухъалъул Майданское росу.
2
4
5
6
7
8
9
10
11
12
14
15