Гьел росабазул гIадамаз бицухъе, Майданское росдада дандбитIун Къудукь росдал магъил ахада аскарияз 500 гIанасев чиясе чадиралги чIван щулалъи гIуцIун буго. ГохIазда щобазда снайпералги лъун аскарияз сверхълъиялдаго хъаравуллъи чIезабун бугилан бицунеб буго бакIалъулазда цIехедал.
Эркенлъи Радиоялъе цIар загьир гьабизе бокьичIев Балахьуниса чияс бицана шамат къоялъ радал сагIат анлъго тIубалалде рачIанила аскариял жиндир мина хъирщизе. Къеда бигъараб халичаялдасан байбихьун гьез хъирщичIеб жо щибго течIила, цебеккун къоялъ телефоналда рахъун рукIарал рагъулал машинабазул суратал жинхъа бахъун телефонгун нахъе бацIанила.
Гьеб лъабабго росабалъ яшав гьабулел чагIазе я къватIире ине я жанире рачIине изну кьолеб гьечIила, бакIалъул гIадамаздехун россиялъул аскарияз цIикIкIараб хъачIлъи гьабулеб бугила.
Нужее хIажатаб жогIаги щибан гьикъидал нужер кумекалдалъун рахчун чIарал балъго яргъидгIуцIарал цIехолел ругилан абулила аскарияз, гIурус мацIалъ хъубал рагIабиги абулила гьурмада маскIаби хураз.
Чан къоялъ гьеб тадбир халат бахъине бугебали лъалев чи щивгIаги гьечIила, жидее бокьараб мехалъ нахъе инеги бокьараб бакIалда рещтIен гьабизеги рачIарал ругилан абулеб бугила гIурус-солдатаз.