Ссылки для упрощенного доступа

Ришватаздаса яслиял кин цIунилел?


Гьал къоязда МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуразарулев Сулейманов МухIамадица жиндихъего ахIун рукIана тахшагьаралда ругелщинал школазулги ясли-ахазул нухмалъулел. Гьес гьезда лъазабуна гьез нухда рачунел идарабазда ришватчилъиялъул хIужаби тIатни, сундухъниги балагьичIого жинца нуж тамихIалде цIазе ругилан.

Улбузул рагIабазда рекъон, ясли-ахалде лъимер бигьаго кьун бажаруларо, гьелъие хIажалъула гIодоса-гIодобе 40-50 азарго гъурущ. Ришваталъе гьеб кьечIел чагIазе ясли-ахазул нухмалъулез багьанаби ратула гьенир бакIал гьечIилан. МахIачхъалаялда унголъунги буго гьединаб масъала, ясли-ахазда бакIал гьечIолъиялъул. Ясли-ахазде кьезе иргаялда чIарал лъималазул къадар исана 1 июналдехун 27 азарго буго.

Жалго бетIергьанал ясли-ахал рагьун руго гьанже МахIачхъалаялда. Амма гьезги тIаса босулеб гьечIо гьеб масъала. Цо рахъалъ, лъимер хьихьаралъухъ гьезие кIуди-кIудиял гIарцал кьезе ккола. Киназулго гуро гьединаб рес бугеб. Амма рес бугел эбел-инсуцаги абулеб буго хасав чи бетIергьанаб ясли-ахалдаги шартIал гьедигIан кутакал рукIунарин.
ПалхIасил, ришватчагIи тамихIалде цIазе ругин 3 июлалда Сулейманов МухIамадица гьабураб лъазабиялда бан гьадинаб пикру бицунеб буго ЭР-ялъе лъабго лъимадул эмен, МахIачхъалаялдаса ГIалиев МухIамадица.

ГIалиев МухIамад: «Дун чан ясли-ахалде щваниги, гьагъал гIадамаз дида абуна иргаялда лъурал лъималазул сияхI халатаб бугин, ясли-ахазда бакI гьечIилан. Амма къватIивехун щвейгун, дида абуна гьесул чвантиниб 50-60 азарго гъурущ лъуни, лъимер партIан ясли-ахалде босулилан. Дица гъоб гIарац кьелаан, амма гьелъ дунго къабихI гьавураб гIадаб асар кколеб буго. Дида мухIканго абизе кIола гьеб кьучI гьечIеб хабар гурилан. Сулеймановас «воре, ришват босуге, гьеб мехалда дица нуж хIалтIудаса рахъула» ян абун ясли-ахазул нухмалъулезе бицунеб хабар гуро гьеб, гьеб буго телевизоралъухъ ралагьарал нилъее бицунеб хабар. Вихьуларищ Сулейманов вугев кутакав чиян нилъеда ракIалде ккезе. Кин гьес гьел чIезаризе ругел? Чирахъалищ лъезе ругел? Мокърукь матIабийищ лъелел? Ришватал роси гьукъизе ккани, гIаданиб нах хисизе ккола, пикру хисизе ккола».

Гьедин бицунел рукIун гурони, эбел-инсуца жидехъе чIванкъотIарал хIужаби кьолел гьечIин абуна ЭР-ялъе МахIачхъалаялъул лъай кьеялъул бутIаялъул нухмалъулев ТIагьир Мансуровас.

ТIагьир Мансуров: «Кье нижехъе гьел ришватал росарал чагIазул фамилиял. КIолищ нужеда гьеб хIужа тасдикъ гьабизеян гьикъидал, лъицаниги тIаде босуларо гьеб гьабизе. Гьедин гьебги чIалгIаде бицунеб хабарлъун хутIула. Шагьаралъул мэрасул ишал тIуразарулев Сулеймановас ясли-ахазул нухмалъулезда лъазабуна лъимер ясли-ахаде босаралъухъ эбел-инсуца баркал хIисабалда нужее гьабулеб намус цо жо бугин, амма нужеца гъора чIезарурал таксаби тIубан батIиял жал ругилан. Гьанже электроннияб къагIидаялда лъолел руго лъимал ясли-ахазде иргаялда. Киназдаго берда цебе букIунелъул гьеб, щакаб буго гIарцухъ гьез гьанже лъимер гьенибе босизе букIин».

ЭР-ялъ гара-чIвари гьабуна МахIачхъалаялъул чанго ясли-ахалъул нухмалъулелъулгун. Цо кIалдисан гIадин абуна гьез жидеца ришват босуларин, рес ккарабго къабул гьабулин жидехъего лъимерги.

XS
SM
MD
LG