Басмаялъулгун информациялъул министерлъиялъ зама-заманалдаса
ГIандиса ГIумахан: «БакIалъул газетазе гьелдаса (министерлъиялда
Хунзахъ тIобитIараб гьеб данделъиялда бакIалъул нухмалъиялдаса байбихьун республикаялъул тIалъиялде щвезегIан нухмалъулезда хIарщ речIчIулеб бугила интернеталдасан, къваригIун бугила бакIалъул прессаялъ гьелда дандечIей гьабизе. Гьелда гъорлъе цIазе кколила блогералги. Гьединаб баян кьуна ЭР-ялъе гьеб данделъиялда гIахьаллъарав ЛъаратIа мухъалъул газеталъул бетIерав редактор Ражабов Расулица.
Ражабов Расул: «Гъоб министерлъиялъул цо-цо хIалтIухъабазул пикруялда рекъон, хъубаб калам гьабулеб буго республикаялъул нухмалъиялде. Гьелда данде кIвараб хIалтIи гьабизе кколила муниципалиял нухмалъулезги гьезул прессаялъги. Гьелда гъорлъе рачине ругила блогералги. МагIарухъ цого куцалда хIалтIуларелъул киса-кибго интернет. Гьединлъидал гьелъиеги шартIал чIезарилин абуна гьениб».
Амма гьабсагIат интернеталда ругел батIи-батIияб информациязда дандечIей гьабун бажаруларин бакIазда ругел газетаздаян абуна ЭР-ялъе Болъихъ мухъалъул газеталъул бетIерав редактор ГIадиса ГIумаханица.
ГIандиса ГIумахан: «Релъизе рачIунел жал рицунел руго гьещ. Интернеталад хъвараб жоялде данде щиб кьелеб бакIалъул газетаз. Гьезул агитациялде дандечIей гьабизе я рес, я къуват гьечIо бакIалъулал газетазул. Интернеталда хъванщинаб жо цIалуларо бакIалда ругел газетаз. Масала, газета халкъалъ цIализеги къваригIун буго дие, бакIалъул нухмалъиялъ малъарабги гьабизеги кколеб буго дица. КIиго цIаялда гьоркьове ккарав гIадин вуго. Критикиял макъалаби халкъалъ гъираялда цIалула, бакIалъул нухмалъиялъ гьел кьезе риччаларо. Гьез лъеян абурал макъалаби халкъалъ гъираялда къабул гьаруларо».
Хунзахъ тIобитIараб данделъиялъул магIна букIана информация тIибитIизабиялъу