Интернеталда раккун руго Россиялъул информалатаз ва Россиялъул рахъ ккурал интернет-«жамгIиятаз» информациялъул манипуляция гьабулеб букIиналъе нугIлъи. ХIалтIизабулеб аслияб къагIида ккола Украиналда рахъарал ругинги абун, батIи-батIиял улкабазда рахъарал вахIшияб ва эмоционалияб ситуация бихьизабулел суратал ва видео хIалтIизари. Гьереси тIатинабизе захIматаб жо гуро. Гьелъие гIола Google хIалтIизабуни. Гьедин гьабун буго, мисалалъе, Игорь Лосикица.
Россиялъул пропагандаялъул гьерсал

1
Туристазул цIураб Крымалъул пляж бихьизабиялъе, Россиялъул телевиденияеялъ хIалтIизабулеб буго 2011 соналъ бахъараб видео.

2
Украиналда хIалтIизарулел тирелабиян абун бихьизабураб видео хIакъикъаталдаги бахъун батьизе бахъун батизе бегьула Кот д'Ивуаралда.

3
Гьаб сурат бахъун буго Канадаялда гьениб 2013 соналда маххул нухалда цIатари баччулеб поездалъул авария ккараб мехалда.

4
Украиналъул Миллияб гварддиялъ Донцкалда аскIов чIваравин вихьизавурав чи хIакъикъаталдаги вахъун вукIун вуго 2012 соналда Гъабардагун Балкариялда.

5
Гьаб пилот гьечIого боржунеб аппарат хIакъикъаталдаги бортизабун буго Украиналда гуреб Гъарабахалда.

6
Гьай чIвай чIужугIаданалъул сурат бахъун букIун буго Венесуэлаялда.

7
Россиялъул НТВялъ лъазабуна, Рималда Россиялъул рахъ ккурав нус-нус чи гIахьаллъанин, Европаялъул информалатаз Украиналда бугеб ахIвал-хIалалда хурхун гьерсал рицунел рукIиналде данде протесталъул акциялдайин. ХIакъикъаталдаги гьел студентаз протест загьир гьабулеб буго социалиял прграммаби дагьлъизариялде данде.

8
LifeNews-алъул журналисталъ Twitter-алда лъун буго Донецкалъул аэропорталда микьго сон бугев вас чIванинги абун комментариял ругеб сурат. ХIакъикъаталдаги гьеб сурат бахъун букIун буго 2013 соналъул апрелалда Сириялда.

9
25 соналъ цебе Пекиналъул Тяньаньмэн майданалда аскIобехун бахъараб сурат бихьизабун буго Украиналда унеб рагъулаб операцияялъул момент хIисаблда.

10
«Россия – Великая держава» абураб интернет-«жамгIияталъ хъвалеб буго Украиналда васасул бетIер къотIанин абун. Хакъикъаталдаги сурат бахъун буго СагIудиязул ГIарабиялда.