Республикаялъул промышленносталъул, транспорталъул ва энергетикаялъул министерлъиялдасан щварал баяназда рекъон, гIакIа кьураб гIечIого, анлъго моцIалъ машина бачине бугеб ихтияралдасаги махIрумлъизе рес буго гьелъул хважаин.
МахIачхъалаялда, Россиялъул цогидал шагьараздаго гIадин, лъикIаб бизнеслъун ккола таксистлъи гьаби. МоцIида жаниб, гьоркьохъеб куцалда, масала, Дагъистаналъул тахшагьаралда хIалтIулев таксичиясе щола 25-30 азарго гъурущ.
2011 соналъул тIоцебесеб сентябралдаса нахъе Россиялъул цо-цо къануназда гьарурал хиса-басиязул хIасилалда, таксистлъи гьабулезе квал-квалал гьаризе цебеги байбихьун букIана, - ян бицана журналист ХIасанов Темирханица. Гьес бицухъе, гьанжелъизегIан лицензия гьечIого таксистлъи гьабулел ратаразухъа щуазарго гъурущ бахъулеб букIун буго.
ХIасанов Темирхан: «Гьединго, цебе такси хIисабалда жиндирго машина хIалтIизабизе ихтияр щвезе рес букIана щуго соналъул болжалалъ ва гIицIго цо ккураб регионалда. Таксичи гьеб махщалида хIалтIараб заманги лъабго соналдаса дагьаб гьечIеб букIине кколаан. Гьезул щивасухъ букIине кколаан сахлъи лъикIаб бугин абун тохтурзабаз кьураб документги. Машинабазда лъезе кколаан таксометрал, лъималазе хасал бакIал, тIогьилаб кьералъул «гIаламатал». Пуланаб фирмаялда хIалтIулел шоферзабазухъ букIине кколаан гьел хIалтIулеб фирмаялъул хIакъалъулъ хIажатаб баян. Гьединал хиса-басиязул гIемер бицине бегьилаан, гьезул цонигиялде таксистаз ялъуни полициялъулаз кIварго кьолеб букIарабани».
ХIакъикъаталдаги, таксиялдаса пайда босулезейин абуни, гьел хиса-басиял гьаруниги гьаричIониги батIалъиго букIинчIо. Масала, нижеца гьарурал цIех-рехазда рекъон, аслияб куцалда гIадамаз кIвар кьолеб жолъун батана рекIадухъ босулеб багьа ва автомобилалъул хIал-хIукму.
Амма «Цолъараб Россия» партиялъул вакилзаби, Пачалихъияб Думаялъул депутатал Вячеслав Лысаковасул ва Евгений Москвичевасул хIаракаталдалъун Пачалихъияб Думаялда борхана гьеб суал ва байбихьана цIидасанги хиса-басиял гьаризе. Гьелъул хIасилалда, Дагъистаналъул транспорталъул ва энергетикаялъул министерлъиял хIалтIухъан Хiадисов ХIамидица бицухъе, гIакIа цIикIкIинабиялъ гIемерго дагь гьабизе рагIула таксабазул къадар. Амма гьединал хиса-басиял рекIее гIолел гьечIо жалго таксичагIазе. Гьезда бичIчIулеб гьечIо щай гьезул пишаялъе квекIенал гьарулел ругелали ва лъие гьезул квал-квал бугебали.
Нижеца гара-чIвари гьабуна МахIачхъалаялда хIалтIулел таксичагIазулгун ва таксабазул цо-цо фирмабазул нухмалъулезулгун.
ГьабсагIат, гьоркьохъеб куцалда, таксиялда рекIаралъухъ, масала, МахIачхъалаялда босула 70-150 гъурущ. Нагагь цIияб къанун къабул гьабуни гьеб багьа цIикIкIине букIиналда ракI чIараб буго таксичагIазул.
Масала, таксичи ГIумаркъадил пикруялда рекъон, 2011 соналъго къабул гьабун букIараб къанун щвалде щвараб букIун рагIуларо. Гьединлъидал, гьеб лъицаго тIубазабулебги букIун рагIуларо.
ГIумаркъади: «Россиялъул цо-цо регионазда гьеб бизнес тIубанго тIагIинеги рес буго. Къанун бахъулезул мурадал лъикIал ратила, амма гьел шартIал тIуразарулаго таксичагIазул гIемераб гIарац хвезе буго. Гьелъул хIасилалда таксиялда рекIаралъухъ босулеб багьаги 300-350 гъурщиде бахине буго».
МагIарухъа шагьаралде вачIунев Мурадил аслияб хIалтIи батIияб буго. ГIодоркъояз МахIачхъалаялдеги вачIун, гьес таксичилъи гьабула.
Мурад: «БитIараб бицани, цереккунги хIинкъизарун рукIана гIакIаби рахъизе ругинги абун. Амма щибго хисичIо. Гьанже 30 азарго гъурущ бахъизе лъугьани, дица таксистлъи гьаби тезе ккола».
ТаксичагIазда лицензияги босизабун, къануналда рекъон, гьезухъа кколел магъалаби росун хIалтIи гIуцIизейин депутатазда ракIалде ккун батаниги, ахирги гьеб киналъухъго таксиялда рекIарас гIарац кьезе ккезе бугин рикIкIунеб буго Мурадица ва тадеги жубана гьеб хIалтIи цоги цере тIурал улкабазда гIадин гIуцIизе кколин. ТаксичагIаз жидер хъулухалъухъ мухь цIикIкIинабиларедухъ гьезулги хIалтIул шартIал лъикIлъизаризе ва гьезиеги бигьалъаби гьаризе кколин рикIкIунеб буго гьес.