Ссылки для упрощенного доступа

Экспертал: «ЦIиял чагIи къваригIун руго хIукуматалда»


Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас республикаялъул хIукумат нахъе битIана 22 июлалда.

Экспертаз батIи-батIиял пикраби кьолел руго нухмалъулес къотIараб хIукмуялда тIасан: цояз рикIкIунеб буго некIого нахъе битIизе кколеб букIанин хIукумат, цогидазни абулеб буго жидеда ракIалде кколароанин хIукумат нахъе битIилилан.

Дагъистаналъул социалибгун экономикияб цебетIеялда тIасан тIобитIизе кколеб букIана 22 июлалда хIукуматалъул данделъи. Данделъиялъул байбихьуда ГIабдулатIиповас абуна экономикаялъул рахъалъ Россиялъул цогидал регионазда гьоркьоб Дагъистаналъ ахирисеб бакI кколеб бугин.

Гьединал хIасилазулъ гIайиб хIукуматалъулги бугилан абуна нухмалъулес. Гьесул рагIабазда рекъон, хIукуматалъ республикаялъул нухмалъулесул тIадкъаял тIуралел рукIинчIо, кIвар бугел суалал тIубазе хIаракат бахъулеб букIинчIо.

ГIабдулатIиповас гьединго абуна, экономикаялъул чанги масала бугин гIодизе кколеб хIалалда щун, амма хIакимазе гьезул ургъел гьечIин.
«Газификациялъул рахъалъ кинаб хIалтIи гьабун бугеб?

ЧчугIил ва цIолбол отраслязул рахъалъ щиб гьабун бугеб? Щибниги гьечIо. Вице-премьераздаги министраздаги тIадкъан рукIана муниципалиял гIуцIабазул суалал. Гьел суалал тIуралел гьечIо», - ян абуна ГIабдулатIиповас.

Гьес тIаде жубана жинца халгьабунин Дагъистан цебетIеялда тIасан хIадур гьабураб доклад ва гьединал докладал рукIине бегьуларин. «Лъилгунниги дагIба-рагIи бокьун гьечIо, гьелдалъун буюрухъ кьуна хIукумат тIубанго нахъе битIизе», - илан абуна нухмалъулес.

Премьер-министрасул хъулухъ тIубалевлъун тана Анатолий Карибов, цеве гьев вице-премьерлъун хIалтIулев вукIана. Экономикаялъул Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалда тIасан 20 къоялда жаниб доклад хIадур гьабизе тIадкъана гьесда ГIабдулатIиповас.

Политолог Энвер Кисриевас абуна премьер-министрлъун вукIарав Мухтар Мажидовасулги ГIабдулатIиповасулги хабар дандеккун батиларин. ГIилла кинаб букIарабали жинда лъаларин абуна Кисриевас, амма тIаде жубана гьел кIиялго кколин амбициял ругел чагIи.

Мажидовас жинцагойищ абураб премьерлъиялдаса эркен гьавеян, яги гьесдайищ абураб хъулухъ тейилан, жинда рагIичIин абуна экспертас ва тIаде жубана премьер хъулухъалдаса вахъулеб мехалда, тIубанго хIукуматги бахъулин. Ахиралда Кисриевас абуна ГIабдулатIиповас цIияб хIукумат гьанжего гIуцIизе батичIониги, бичIчIулеб бугин чанги министрал жидерго хъулухъазда хутIизе рукIин.

Цебего заман щун букIанин хIукумат тIубанго нахъе битIизеян абуна «Эркенлъи» радиоялъе политолог Руслан Гереевас.

Руслан Гереев: «Цебеккунго лъалеб хIукму букIана гьеб. ГIажаиблъизе ккараб жоги цо буго: некIого щай хIукумат тIубанго нахъе битIичIеб. ХIукуматалъул хIалтIиго бихьулеб букIинчIо, цохIо кIалъаял гурони.

ТIуразе кколел кIвар бугел чанги суалал руго – экономикаялъул масъалаби, хIалтIигьечIолъи, социалиял масъалаби ва цогидал суалал. Амма щибго гьабулеб гьечIелъул. Гьелде ругьунлъун руго Дагъистаналъул хIакимзаби. Гьеб бичIчIун батила ГIабдулатIиповасдаги.

Гьесул командаялда гъорлъ ругел хIакимал цересел хIукуматаздаги хъулухъазда рукIана ва ругьунлъана бакIал хинлъизаризе. Нужецаго халгьабе: гIезегIан гIадамаз кIалухъ рахъарал цо-цо хIакимазда сверун цIех-рехал байбихьун руго, терроралде данде къеркьеялъул рахъалъан лъикIал хIасилал руго, амма гIадамазе гIумру гьабизе бигьалъулеб гьечIо.

Цеве ГIабдулатIипов вукIана федералияв хIакимлъун, гьев ругьунлъана абураб рагIиялъ иш тIубаялда. Амма Дагъистаналда рагIи абун жо кколаро. Гьаниб чара гьечIого къваригIун буго къануназул диктатура».

ЦIияб хIукуматалда гъорлъ щив вукIинев? Гереевасул пикруялда рекъон, гьеб ккола гьанже аслияб политикияб суал.

Цере гьарурал гъалатIал гьанже риччани, Дагъистан жеги хIалуцараб хIалалде ккелин абуна Гереевас ва тIаде жубана цояб тахбакIалдаса цогидаб тахбакIалде хIакимзаби ритIун гьабулеб рокировка республикаялъе къваригIун гьечIилан.

ЦIиял чагIи къваригIун ругин хIукуматалдайилан абуна политологас.
XS
SM
MD
LG