МагIарулаз гIумру гьабулел ЦIумада, ЦIунтIа, БежтIа, ЛъаратIа мухъал руго Россиялъул пачалихъияб гIорхъода – Гуржиялъулгун ва Азербайжаналъулгун. ГIорхъода аскIоб билълъанхъизабулеб хасаб низамалъ квалквалал гьарула бакIалъулал гIухьбузецин – мех-мехалда гIорхъи цIунулез ккола гьел. Ункъабго магIарул мухъалда ран руго гIорхъи цIунулезул анцI-анцI чIовуда бакIалги (заставабиги). Гьел ракьазда гIадамазул бугеб гIумру-яшав фотосуратаздалъун цебечIезабулеб буго гьенибе сапар бухьарав Эркенлъи Радиоялъул мухбир Нурчазул Ахилчица.
Улкаялъул гlорхъода гlадатияб гlумру

1
ТIалсухъ росдал лъимал

2
ТIалсухъ росулъа руччабаз гIатIиракьалдаса хер баччулеб буго.

3
ГIияде унев Къамилухъ росулъа вехь

4
Лъебелазул Гъараколоб росулъа херав годекIанив

5
ЛъаратIа мухъалъул ТIохьотIа ва цоги росаби

6
ЛъаратIа мухъалъул Гъерел росулъа херав рохьоса вуссунев вуго

7
Салда росдада гIагарлъухъ бугеб Россиялъул гIорхъи цIунулезул бакl

8
ГIорхъи цIунулезул терело